Лъади ячизе щварасде

Сеймур Ханаев
Лъади ячизе щварасде

ГIолохъанлъи гIанчIлъийин, гIакълудул дагьаб мехин,
Мехтарав чияс гIадин гIабдаллъиги гьабуге.
Дунял хисун бугилан, цIияб гIасру щванилан,
НагIана дуй бачIинеб гIумру, гIамал гьабуге.
Дурго кьолбол къадру хун, росдал гIадатал мерхьун,
ГIадамаз туял чIалеб, ишги дуца гьабуге.
ЦохIо дур пикру гьабун эгоистлъун вукIунге,
Чидай зарал щолеб жо рекIелъгицин биччаге.
Гьабулелда тIад ургъе, тIолабгоялъухъ хал кье,
Халкъалъ кIал гьикъулеб жо гьабизе ругьунлъуге.
Рокьидуй гIедегIуге, гIедегIун хIетIе лъоге,
ХIетIе гIедегIун лъурав хIаршулъ чанги вортарав.
Чорхол хIисаб гьабун яс хIурулгIинилан ккоге,
ХIурулгIин букIунарин алжаналъулъ гурони.
Куцалъухъ,ратIлихъ хал ккун лъийниги къимат кьоге,
Къимат тIокIлъи ясалъул ратIлида букIунарин.
Яги гьабго жо абун жан бихьулейги ккоге,
Керен- черх къватIиб лъурай тIокIаб сундай нечелей?
Гьуин рагIаби лъикIлъун, лъавулъ гьечIев кинигин,
Кинайниги меседохъ мун гуккизеги чIоге.
Гьудул кколеб заманалъ азаралъул хал гьабе,
Хадусеб пашманлъиялъ пайда щибго кьоларин.
Лъади йищулеб мехалъ намус бугей цее ккве ,
Берцинлъигун гьайбалъи гьечIо чIагояб лъилго.
Бечелъизеги бокьун бечедалъухъ хьул ккоге,
Хьулалъ чанги гьарурал лъадуй лагълъун бихьинал.
Эбел- инсул асс бихьун яс гьудуллъун йищуге,
Эбел- эмен гурелха дуй лъадилъун рукIинел.
НусцIул ургъун цин гьабе, азар борце цин къотIе,
Къадру дур борхилей яс бажарун тIаса йище.
Гьудулалъе къимат лъе – къадру дурги цIикIкIинин,
Рокьи бацIцIадаб гьабе – гьуинлъи тIагIинарин.
Йокьарай данде ккедал каранлъ кор цIикIкIунилан,
Кивго валагьичIого дуниялги кIочонге.
ДандчIваял гIемер гьари гIумрудул магIна ккоге,
ГIемер кванараб гьоцIо ахиралда цIекIлъулин.
Чорхол хьулазе лагълъун духъ рокьи ккарай Бика,
Басралъизе гьаюлеб рогьояб иш гьабуге.
Эбел- инсул къадру ккве, халкъалъул гIадлу цIуне,
Гiишкъу – рокьийин абун росулъ саяхъ свердуге.
ГIумру цоцIул кьолилан кьеркьераб гьумер гьабун,
Гьудул къойил хисуге, къадру гьелъ дур биххилин.
Дурго умумузулгун маслихIаталги гьарун,
Дургун рекъа – речарай, гIодой йиччарай яс ккве.
КватIизе гьабичIого гьаризе чагIи ритIе,
Чангиял ратIалъарал халкъалъул питнабаца.
Гьарун гIемер яс тоге, жамагIаталъ кIал чIвалин,
Жив – живасул йокьулей аскIойго йикIани лъикI.
Рекъараб бертин гьабе, рекъараб мажлис гьабе,
Гьудул – гьалмагъ цоявги ахIизеги кIочонге.
Дур лъадул къимат гьабе, гьоркьоблъи гьуин гьабе,
Гьелъий гIазаблъун ккелел киналги жал гьаруге.
Рокъов бетIергьан мунин лъади хIакъир гьаюге,
Гьейги дур хъизамалъул вакил йикIин кIочонге.
ГьитIинаб жо сабаблъун лъадуда мун вагъдоге,
Лъукъун рекIелъ чIагоялъ ругънал ссуди чIоларин.
КигIан ццин бахъаниги, жамагIаталда цебе,
Ццехон лъадуда кIалъан гьелъул къадру биххуге.
КигIан хъивихъаниги гIедегIарав вукIунге,
КIочонге дуда сабру алжаналъул кIул букIин.
Яги цIакъ гIазиз гьаюн чIухIдаризе гьаюге,
Гьелъул чIухIиялъ дур мугъ бекизеги рес бугин.
Ккаралъухъ хIурмат гьабе, кидаго адаб цIуне,
Гьейгун гьоркьоб цо дагьаб бакI тезеги кIочонге.
ЧIобогояб бакIалда лъадуда щакдаруге,
Дуда тIад релъанхъулел ракьалда камиларин.
«Аштархан хIелеколъун» лъади къойил хисуге,
Къиматаб бокьичIев чи къабихIаб щун хутIулин.
Лъадуда чIухIи гьабун мекъаб нухдаги унге,
Дуе сурарай лъади чиярайлъун лъугьулин.
Пишаялдаса чIухIун, чIамучIаб гIамал гьабун,
ГIамал кIодо вукIунге дурабго хъизамалъулъ.
Дурабго хъизамалъе чиярлъуге даимго,
Дуда гьелъул нагIана гIумруялъго батилин.
Чидал кверде тIамуге, чудукълъизе гьаруге,
Гьелдаса рогьояб иш ракьалда дагьаб бугин.
Гьездасан мун вуссунге, гьел реххуге кидаго,
Гьезул ками гIадинаб балагь дуй рештIинарин.
Дурго рукъ, дурго хъизан, даим борхизе гьабе,
Гьеб гIодогIан ккелеб иш ккезе кибго биччаге.
Кивехун ананиги нахъ вуссизе кватIуге,
ТIоцебесеб бакIалда хъизан букIин кIочонге.
Разияб ящав гьабе, гьуинаб гIумру гьабе,
ГIумруялъ дуе кьураб дуда дагьаб бихьуге.
Дур рукъгун рекъон вукIа, рекъараб дунял гьабе,
Дур васасе, ясалъе берцинаб тарбия кье.
Лъимазда лъикIаб бице, малъи- хъай даим гьабе,
Гьезул цIаралъ дуеги гIадамаз къимат лъелин.
Сеймурица бицараб босуге гIинда нахъе,
Нахъа дуй квеш букIине къасд гьабун кIал рагьичIин.
Гьадинал насихIатал дуцаги чидае кье,
Дуй гьалъул кири гуреб кколарин щолеб жоги.