Бокьилаан гьудул

Сеймур Ханаев
Бокьилаан гьудул

Боокьилаан, гьудул, дий цо чIчIинкIиллъи,
ЧIахIиял мугIруца сангар тIамураб.
Гьениб бокьилаан борхатаб хъала,
Къадал месед- якъут жубан къачIараб.

Ахал рокьилаан кьеркьераб пихъил,
Пихъ дуца бетIизе щибабго къойил.
Гьенир рокьилаан чваххулел иццал
Огь баркаманилан кIал дуца чIвазе.

Их- рии даимаб, бакъ камулареб,
Камилаб ракьалъул чIчIинкIиллъиялда,
Дуй радал чвердезе лъим илагьияб
Бокьилаан чваххи дур азбаралда.

Квер ккун, дуй къачIараб тахиде ячун,
Къадруяй, мун ханин, чIезайилаан.
Лъийниги кидаго насиблъичIеб таж,
Лъелаан ботIрода дур дица, гьудул.

Гьеб мехалъ дур гьурмалъ рештIинеб гьими,
Гьанже гIадин буго беразулъ чIолеб.
Берцинай дир гьудул, дир щаклъи гьечIо,
Щвелаан дий сайгъат дур кIутIбуздаса.

Даимго чIелааан дур хъулухъалда
ЧIухIун чергес ясал, честги дуе кьун.
Кьурдилаан къойил дуй хIалхьи щвезе
Дур тахида цере гIараб мусудул.

Сардилъ мун кьижизе хIурулгIинзабаз,
Бицинаан маргьу дур бусада тIад.
Бакънал рачилаан хIанчIазул хоралъ,
Радал мун яхъизе, бакъ баккул гIужда.

Алжаналъул пачал ясал щвелаан
Сверизе унелъул дуй рукь тIамизе.
ТIабигIат, гьава- бакъ берцинлъилаан,
Бихьун дур берцинлъи, къватIий яхъидал.

ТIугьдул раккилаан дур бох чIаралъухъ,
БагIарал, кьеркьерал, махIал гьуинал.
КучIдул ахIилаан щвара- щваралъухъ
Алжаналъул ахил булбул хIанчIаца.

Мунгин дун инаан валсалъ бох босун-
Тирулеб тIегьлъун мун тIамула цее.
Цинги мугIрул макъналъ кьурдилаан нилъ-
ЦIумлъун йоржуней мун чIола ракIалда.

Гьудул мун гьаюраб талихIаб къоялъ
Гьабилаан байрам тIолго дунялалъ.
ТIолго илагьилъи тIибитIилаан
Ниж цохIо дуй ругин, росе, дир ханин.

Бакъ духъе щвелаан чIораз гьабураб
Гьайбатаб ретIелги сайигъат босун. 
МоцI рештIун щвелаан дуй сайгъаталъе,
ЦIвабзазул бессараб шал- кIазги босун.

Гьудул дур рокъове восе сайгъатин
Сордо башалъуда вачIинаан дун.
ХIасратав гьудулин, сайигъат гурин
Сабру тIагIун дида хурхилаан мун. 

ХIасратал баияз гIакълуги босун
Бусаде ккелаан нилъ, къвалги жемун.
Гьуинаб рокьидул куркьбазда рахъун
Роржилаан дунял рогьизегIан нилъ. 

РикIкIинаан радал дица дуй гьудул
Дургин дир бицунеб гьаб рокьул маргьу.
Гьабилаан жеги чанги гьадинаб
Дур рокьи дидаса буссунгутIизе…

Бокьилаан гьудул, дий гьеб чIчIинкIиллъи
ЧIагоялъ дуйгин дий гIумру гьабизе.
Цоцай рекI кколарел, абадиялъго,
Бокьилаан гьудул цадахъ рукIине…