Ахир гьечIеб гьаб хIасрат

Сеймур Ханаев
Ахир гьечIеб гьаб хIасрат

Щоларей духъ бергьараб,
Беразул нур босараб,
Бичасул балагь гурищ,
Ахир гьечIеб гьаб рокьи?

Саназ санал хисула,
Дир чорхол хIал хисула.
Хисулареб кинаб гьаб,
Духъ бергьараб дир хIасрат?

Их щведал тIегь баккула,
Булбул ахикь ахIдола.
Дир ракIги духъ ахIдола,
Аниги моцIал- санал.

Сордо уна, къо щола,
Унаро мун рекIелъа.
Рии  уна, кьин щола,
КIоларо мун кIочене.