Къварилъуге яс

Сеймур Ханаев
 Къварилъуге яс

Меседил гьабураб гьоркьоги босун,
Гьуршараб катIари ххалей меседо,
МахIмудав дун щванин мажнун гьавуге,
Гьоркьоги рехун те юссун гIинтIаме.
 
МахIмудил замана гIемер нахъ буго,
Барщун чIелин кьибил кьурун юссунге.
Кьурулъ жайранийги нух буго рагьун,
Нилъее нух къалин къварилъуге мун.

Къабахчолиялъул чалухай Муи,
Чорок наибасухъ гьечIо ихтияр.
Угьун цIабухIараб биччаге хIухьел,
Баче квер, разилъе ракI бацIцIадав дий.

НикIалайил гуро мех гьабсагIаталъ
ГIенекке, гIинтIаме тIамур кIутIулин.
ТIурун юссун унге дун кочIохъанин,
Кеп босе дир кочIол дуде ахIулеб.

Карпаталъул гохIда вуго дун вахъун,
Вихьуларищ дуда «хъахIабросолъев».
Рихьулел жундулгин рагъ- кьал буго дир,
РакI- макI дий гьабизе аскIой къаларищ?

Загьру гьекъаниги Элдариласе
ГьабсагIат даруяз батула чара.
Берцинай мун йокьун щвараб дир унтуй,
Щвезе гьабуларищ чара, дир гьудул?

ГIадлу хисун буго- гIадатал цIилъун,
ЦIороге дур керен рокьукьа хIинкъун.
Рокьи бергьанилан кьоларо загьру,
Кьола яс, берцинаб бертинги гьабун.

РагIи халат гьабун кIалъазе гьечIин,
Рокъоб лъазе гьабе гьаризе щвелин.
Гьаб иш гьадин тезе таваккал гьечIо,
Ккве хIадур гочине дур цIияб рокъой.