Тахшагьаралъул яс

Сеймур Ханаев
Тахшагьаралъул яс

МахIачхъала дида берцин бихьизе,
Бичас гьаб ракьалда йижарай гьудул,
ГьедигIан цIодорай, шагьар хIайранай,
ХIурулгIин гурей мун щийха, яс, йигей?

Йихьараб къояса къойил, сордойил,
Сунареб кор буго каранда, гьудул.
Гьимун балагьидал бакъин ккана мун,
Камилай мун йокьун гIашикълъана дун.

МугIрул улкаялъул тахшагьаралда,
Дунялго гIашикъай, къимат тIокIай яс,
Сардо макьу гьечIев, къо рахIат гурев,
ГурхIа дида, квер кье, йилълъа, яс, дунгун.
         
Ахикь тIегь гIадинай, тIугьдул хIасратай,
ТIабигIат берцинай, гIалам гIашикъай,
Бихьуларищ дуда дир духъ гIашикълъи?
РичIчIуларищ дуда дир рекIел хIалал?

ГьечIо дир цониги сордоги- къоги,
Сабурай дур сурат цебе чIолареб.
ХIасраталъ бежулеб, рекIел хивалал,
Хирияй, даимго духъ щун ратула.

Мун гIадай берцинай, берал чалухай,
Бичас йижарайдай цойги меседо.
Мун йихьун мехтарав, духъ хIайранлъарав,
Лъавулъ гьечIо жеги дун, магIарулай.

Судула ургьиб ракI, унтула керен,
Камилай мун йокьун, мугIрул мадмазел.
Ургъелалъ чIвала дун, хIалхьи дий гьечIо,
ХIалай щоларищ мун, шагьаралъул яс?