ЦIадал руго кьурдулел

Сеймур Ханаев
ЦIадал руго кьурдулел

Шагьаралъул къватIахъ къатIраби цIадал,
ЦIорорал, ихдалил, руго кьурдулел.
Гьаб кинаб хIикмалъи дида бихьулеб,
Буго дур цIар дие цIадаз щурулеб.

ЦIорол горда цеве гордуги рагьун
РакI духъ урхъарав дун вуго вахъун чIун.
ТIад кIанцIулел цIадаз вуго хIеккулев,
ХIасраталъни дир черх буго бухIулеб.

Дий йокьулелъул цIар щурулел цIадал,
Щуруларищ гьудул кий йигеяли?
ЯчIуней йигищ дир гьайбатаб гIинтIи?
КватIулейищ йигей, нухдайищ йигей?

Разе риччай цIадал – хIикматал цIадал
ХIасратай ясалъул цIар дий щурулел.
Те ихал рукIине ракьалда даим
Дидасаги цIикIкIун дий йокьулелъе.

Кинаб гIажагIиблъи, кинаб гIаламат
Канлъдалаб ракьалда дунгун лъугьараб…