ВахIшилъи гIумруялъул

Сеймур Ханаев
ВахIшилъи гIумруялъул

ВахIшилъи, балагье, гьаб гIумруялъул,
Цоцае рокьулел цадахъ толареб.
Къадар – къисматалъул рахIму гьечIолъи,
Къадруяб кодоса хъамун босулеб.

ХIасраталъ дий тIамур кIутIулеб буго,
Бихъулеб хIалалъ ракI кIетIолеб буго.
Берцинай, хирияй, мун аралдаса
Сах – чIвадго гIазабаз дун чIвалев вуго.

ГьитIинаб мехалъго дир  рокьи ккарай,
Камилай, чIаго дий алжан рагьарай,
Дий алжан кIваричIо гьаб дунялалда,
Дургун цохIо данчIвай буго дир анищ.

Дидахун ракI рагьун рокьи бикьарай,
Ракьалда дий гIумру къалъизабурай,
Къадруяй дир гьудул баркала дуе,
Дий мун щвечIониги, щибаб жоялъухъ.

ТIоцебесеб дандчIвай буго ракIалда,
Ихдал къоялъ ахикь тIугьдул тIолей мун, –
ТIегьилан йихьана, бакъилан ккана,
Къаркъала сорона, ракI духъе цIана.

КIвечIо тIугьдуздаса ятIа яхъизе,
Лъавулъ гьечIев дида тIегь гIадинай мун.
Мунги дихъ гьимана «ЧIохъа меседо»,
«Элдарилав маян рокьидул лълъарин».

Чанги щвараб маркIачI, рогьараб сордо,
Рокьи къо анагIан къвакIана нилъер.
Къимат тIокIай гьудул ракIалда бугищ,
КIочонареб чанги гьабураб дандчIвай.

Нилъ ккараб къоялда балагье гьудул,
Бугебдай гьадинаб къабихIаб къадар?
Цоцаеги рокьун, цоцахъ гIашикълъун,
ГIайибги гьечIого цоцахъ махIрумал.   

Росдал гIадлу холеб щибго гьабичIел,
Гьурмал ничги тIагIун саяхъ хьвадичIел,
Черхалда гIишкъуялъ цIаял гъуниги,
ГIумруялъ течIо хIал чидада лъазе.

Мун, яс, магIарда тIегь, тIугьдузул пача,
ТIолго халкъ бахилай росдал меседо,
Дунги дур гIашикъав, гIадалав мажнун,
ГIишкъуй асирлъарав хъахIабросолъев.

РукIана МахIмудил кIиго тIегьлъун нилъ,
Лъарлъунги чваххарал рокьул кIкIалабахъ, –
ТIолго жо бижарав БетIергьан Аллагь,
Даимаб законищ гьесул гьеб рагIи?

БецIаб гIумру дие гвангъизабурай,
Гьуинай, хIеренай, хIурулгIинай яс, 
Я Халикъ, я Расул бице дир мунагь,
Нилъ ратIа гьаризе сабаб щиб бугеб? 

Къасиги хивалаз толев гьечIо дун,
Дур чIегIерал берал руго цере чIун.
ГIалам буго сихI тун, сордо бащалъун,
Свин гьечIеб хIасраталъ гьечIо дий рахIат.

Зодиб рогьалил цIва, тIерхьун унеб моцI,
Ахикь цо хIехьда дун вуго гIодов чIун. 
Цояб рехун цояб босулеб хъалян,
БухIулеб буго, яс, дир керен гIадин…