Къоло цойилаб гIасру

Сеймур Ханаев
Къоло цойилаб гIасру

МаркIачIул замана, росдал годекIан,
Росдал гьоболчагIи, росдал гIадамал,-
Халкъ-жамагIаталъул карачелаби
Кисаго гьанире руго гьелчелел.

РакI кьурдизабулел магIарул макънал,
МугIрул мадмазелал, лебалал васал,-
Балагьун чиясул бер гIорцIуларо,
БетIер гIадамасул гIатIхалеб буго.

Васал цоцаздаса бергьун тирулел
Ясал свери бахъун цIудуца гIадин.
Балъгояб къец буго гIодо-гIодоса,
ГIолохъазулги мусудузулги .

Гьарсан харабиги руго кьурдулел,
Херлъун жал гьечIилан абулел гIадин.
ГIолохъанлъи буго буссун кIудабахъ,
«КIоларин» абураб рагIи кIочарал.

Цо тIокIаб хIеренлъи буго сверулеб,
Самадул* бацIцIалъи буго кьурдулеб,
БачIунеб векалда, кибго ракьалда,
Кьурдизеб нагIанал расги лъай гьечIеб.

Сверухълъи цIва гIадин буго кенчIолеб,
Буго цо гIагарлъи тIолго жоялъул.
Буго гIадамазда цадахъ кьурдулеб
Берцинаб тIабигIат, гIумру- дуниял.

Дуниял- ракьалда буго кьурдулеб,
КIиго гIасру- гIумру, кIиго замана:
Цояб  мех лъугIараб, гIумру нахъ тараб,
Цояб иргаялда тIаде бачIунеб. 

Берцинлъи, лебаллъи буго кьурдулеб,
Гьайбалъи,гьуинлъи буго кьурдулеб,
ХIалимлъи, хIеренлъи буго кьурдулеб,
Сахлъи, гIолохъанлъи буго кьурдулеб…

Цо рахъалда вуго дунги вахъун чIун,
Дихъе ирга щвезе балагьун чIарав.
Майдан цIураб агьлу буго кьурдулеб, -
Бортуларин ккола рукIкIенги гIодоб.


________________________________
*Сама- зоб


Рихьула, ратула жакъа гьанир щун,
Щибабго тайпадул вакилзабиги.
Зар гIадаб, гьаб росдал гьечIев чиго щив!
Чанги- чан гIакъилчи, чанги гIакълугьечI…

Цояв министерав тахшагьаралда-
Дида ккола майдан гьасий къарабин.
Цояв директорав цо ВУЗ-аялъул-
Ватилилан ккола вищунго гIакъил.

Цояв бизнесменав, киса кIудияв-
Вилълъунев вихьула хIелеко гIадин.
Цояв чехь кIудияв росдал адвокат-
Конституция гьас ургъанин ккола.

Цояв таманчагун- бечедасул вас,-
БетIер чоца гIадин зодибги борхун;
Кьерилазда гьоркьов вуго свердулев,
Сверухъ жив гурев чи гьечIев кинигин.

Гьайги рохьил кьукьа- хIакимасул яс,
Йищунго чIурканай жийилан кколей;
ЧIоледухъ кIанцIезе йигилан ккола,
ЧIухIиялъ жий кIочон, «йоржанхъулей» гьай.

  Хирияв цIалдохъан, цIамхер хвезабун,
ЦIазе гьечIин хабар халатги гьабун.
Бицани гIемераб батизе кIола,
КIокIочал чагIазул цIамхIалаб хьвади.

Кваранаб рахъалъа дир цIар ахIана,
Цо ригь арав херас- дир мадугьалас,
Медалаз, орденаз керен бахчарав,
Кодоб гIансаги ккун гIодов чIун вугев.

-Гьа, эмен, щиб хъулухъ гьабилеб дуе-
Дун гьесде вуссана дир иргаялда.
Херас дир рукьги ккун гIиндухъ щурана,
Щвезе гьавеян жив рукъалъул кIалтIе.

Кин инкар гьабилеб херав чиясда,!
ГодекIан тун ине хIажалъана дий.
(ТIинлъиги лъугьунеб гIакъубаяблъун,
ГIумрудул лъикIаб мех гьеб бугониги.)               

                *   *    *    *
   Херав вуго бицунев букIаралъул, аралъул,
Араб жиндир ихалъул, бахIараб гIумруялъул,
ГIумруялъул къиматал, къадру жинца гьабичIел,
Гьел берцинал мехазул- бухIараб хIохьел биччан.


Щолев вуго дун гьевгун гьесул гIолохъанлъуде,
Дир вижараб мехаса гIемерго цебелъуде,
Цо-цо чагIаз какулеб,цо-цо чагIаз беццулеб,
ГIадатиял чагIазе лъикIаб совет мехалде.

Гьес дий бицунеб буго гьабураб хъулухъалъул,
Гьеб Афганистаналъул, гьенир арал рагъазул.
Зарал рукъулев вуго, керен бухулев вуго,
Би гIорлъун араб рагъулъ жив вагъараб куц бицун.

 ГIолохъанаб, гIанчIаб ракI буго хехлъун жаниб дилъ,
Дун гIакълу гьечIел, гIантал пикрабаз асир ккана.
ВачIана дида цеве дунго цIадулаб рагъдалъ,
БахIарго ярагъ борхун бода данде кьвагьдолев.

Цин дир ракI гIедегIана армиялде хех ине,
Цин бокьана рагъал ккун дун вагъизе,къеркьезе.
Дида жеги кIоларо дагьги цебе тIамизе,
ГIагарлъухъ солдат чIвайдал дий ккелеб захIматалъул.

Дун гьитIинав чи вуго, дий жеги къого гьечIо,
Къварилъаби гIумрудул дун бичIчIуларев вуго.
Дихъ жеги щолеб гьечIо рагъул рахIму гьечIолъи,
Рагъуд вас гьавуларин, гьавурав восун унин.

Лъийгоги хабар гьечIо тIаде щолеб гIасруялъ
«ГIасияб дунялалда» тIезе ругел биязул.
Буго гIалам кьурдулеб, цIияб гIасру дандчIвалеб,
Дунни вуго херавгун херав нуха регIулев.

РакI буго гъоба хутIун- росдал годекIаналда,
Дун жиндихъ цIалев вуго гIиндухъ щолел кечI- макъназ.
Дир рекIел хIал бичIчIарав херав цо дагь лъалхъана,
Дие суал гьабуна, азбаралъул кIалтIа чIун:

-ВукIинчIищ цеве вахъун, вахъизавичIищ ясаз?
Вахъузавулей щвела- дур гIумру цебе буго.
ГIедегIуге мун даим, дур къисмат духъ бачIина,
Босун берцинаб роза рекIелалъ духъ бергьина.

Гьанжеги дида ккола херав гьеб жо бицидал,
Бицинехъин вукIанин  ******  гьайбаталъул,
Гьоркьор чанги сон бахъун нилъер тахшагьаралда,
Дунгун цIализе йигей мугIрул мадмазелалъул.

                *     *      *       *

Къоло цойилаб гIасру- техникаялъул гIасру
ГIасруял нуцIби рагьун берцин гьимулеб буго.
Берал цо къанщилелде санал роржунел руго,
Сон гьимулеб букIараб гIасру гIодулеб буго.

Саназул кваркьабаца тIаде восун унев дир,
Цо- цо ккун къоял – сардал нахъе хутIулел руго.
Мактабалъул кIалгIада цIумур кIутIулеб буго,
Берцинаб цо лъимералъ дир классцоясул гъежтIа.

Лъимер белъулеб буго цIумур зваргъезабулеб,
ЦIурмил гьаркьалъни дир ракI гIодизабулеб буго.
Ясал гIодулел руго, васал къваридго руго-
Къо мех лъикI дуе мактаб, къо мех лъикI гIанчIал мехал.

Къо мех лъикI лъикIал мехал, къо мех лъикI гучал мехал,
Къо мех лъикI яцал, вацал- цадахъ цIаларал лъимал,
Къо мех лъикI гьалмагъзаби, къо мех лъикI гьудулзаби,
Къо мех лъикI Къабахчоли- къимат тIокIаб дир росу…

ЛъикI щвараб цIияб гIумру, лъикI щварал къварилъаби
ЛъикI щварал пашманлъаби- дир рихьичIел рихьулел.
Бокьин, бокьунгутIиги гьикъичIого рачIарал,
ЛъикI щварал захIмалъаби - дир лъачIел гьанже лъалел.

ЧIегIераб малгIун гIадаб, балагьун ахир гьечIеб,
Рилълъен рекъасул гIадаб, кIобокIи цIакъ хирияб,
Ленинил мехалдасан минуталъги чIей лъачIеб,
Вуго дун поездалда пештIолаго нух унеб.

(Варани гIадин унел поездал руго росун
Ракьалда гIадамазул гIумрудал къиматаб мех.
ГIоларо рекIел сабру поездалъ нухда ине,
Поездал дида ккола туснахълъун лъугьунилан.)

Гьоркьоб цо чан моцI бахъун, фронталъул цебе рахъалъ
БетIер согIаб гуллица борлъана  солдатасул.
Соролеб буго дир черх, берал цIуна  магIуялъ-
Би буго солдатасул, дир гIагарлъухъ, чваххулеб.

Цо чан къоялдаса вас щвезе балагьун чIарал,
Буго жаназа щолеб гьесул эбел – инсухъе.
Вас щведал хъвезе тараб оц буго гIодоб балеб,
ВачIарасе - унесе садакъалъун гьабизе.

Сон елъулей йикIарай, йохиялъ макьу щвечIей,
Нус ячине ккелилан ясазул хал гьабурай,
Эбел йиго гIодилей «дир вас, дир васин» абун,
БотIрол расал хIулулел, загIиплъун гIодой ккарай.

Накабазда ккун вуго мажгилав херав эмен,
МагIил гараз хIеккараб гьумер квераз бахчарав.
Зигара балев вуго БетIергьанасде вуссун,
Воссарав щай дир васин, херав, ригь арав жив тун.

Миллияв геройилан цIар буго васасе кьун,
Васни вуго восулев цойги щоларелъукье…


                *      *       *       *

КIудияб цо полигон, балагьун бер щолареб,
Рехъенал гьарун руго гьанир танкал, машинал.
Роржунел верталетал шайтIанчатIалин ккола-
Кибго бетIер гIатIхалеб гIасияб цо хъуй буго.

РикIкIадаса солдатал цIунцIрал гIадин рихьула,
ЦIорой буго къвакIараб, къехь чорхоса бахъулеб,
Связь буго чIичIилеб, бетIер- гIин гIадаллъулеб-
«Калашников» кодоб ккун вуго дунни посталда.

Хадусеб къоялъ радал радиосвязалдаса,
Генерал-палковникас пирказал кьуна нижей:
КIикъого тонал цIалел танкал рагъарахъдана,
Тушбаби щолел гIадин гIалам цоцалъ жубана.

АхIуд унел ротаял, рагъарун батальонал,
Бригадаялгун полкал- камандирал ахIдолел,-
Кодоб ккелеб босилеб, гьабизе кколеб телеб,
Кинабго буго кIочон, кинабго буго жубан.

ЦIалъун чваххулел руго ракетал, синорьядал,
Зодихъ кIанцIелел руго цIа пирхулел гIарадал.
Ракь- зоб соролеб буго танказул кьвагь-кьвагьдеялъ,
Кьвагь-кьвагьун биххилилан бачIуна берзулъ дунял.

Казармаялде щведал командирас абуна,
Жакъа полигоналда цо солдат хун вугилан;
ЦIодорлъи гьабейилан ахIуд унеб заманалъ
Анкьго гурони солдат хвезе изну гьечIилан.

Баянаб цо жо буго, гьукъи букIинчIеб ани,
Анкьазар хвананиги ургъел кколарин гьесий.
Гьев чидал пикрулъ гуро, чи хун хIинкъунги гуро,
Нахъе цIараб бакI гьев жив туснахъалъув кквей буго.

Дагьалищ къурбан кколел спецоперациязда
Сундалги мунагь гьечIел, гIайиб гьечIел гIадамал.
Ургъел гьечIолъи буго, гамачIлъарал ракIазул,
РахIму-гурхIелги кIочон, хIурмат- адабги хъвагIан.

Къо бахъун гIемерлъулел ракI гъанцIулел ярагъал-
Цо гуро гьабулеб бакI- азар заводал руго.
Гьаб темпалъ цебе ани, язихъаб гIаламалда,
ГIадан- инсаназдаса гIемер ярагъ букIина.

Сордо- къоги лъачIого кирго ралел базаял
Ракьалда бакI гIечIого, зодирги рахъун руго.
Гьезул ихтияр щварал чанги- чан ургъелгьечIал,
Ургъулел ругин къойил къабихIалшинал ишал.

Къоло цойилаб гIасру- техникаялъул гIасру,
ГIакълу байтаз* борцунеб компьютералъул гIасру,
ГIумрул байбихьудаго, берзулъ магIугун буго,
ГIасиял, ракI унтулел  рагъаз басралъун буго.

Ящавалъул нус галул кIигояб босилалде,
Буго цIадулъ бухIулеб кьварараб Афганистан.
Хадусеб галиялда чIунтулеб буго Ирак -
«КIудияб къоялъ» сайгъат Садам ХIусейн чIвай буго.

Хараби руго какилъ сагIатаз дугIа гьабун,
Дунялалда, ракьалда чагIи къосун ругилан;
Мунапикъал гIадамал, гIасиял гIаштIичагIи,
МалгIуналъ къверкъил гIадин, биял цIулел ругилан.

Росдал кIудаби руго магIил берал рацIцIунел,
БитIараб эфиралда Садам гъанкъун чIвай бихьун.
Росу буго чIегIер бан, гIалам буго ракI унтун-
«Садамил хвелалъ руго бусурбаби кIал биччан**.»

Цо гIасрудул байбихьи, цойги гIасрудул ахир-
КиргIаги чIвалел- холел, киргIаги рохел- кепал,
КиргIаги дунял чIунти, киргIаги гIалам цIилъи-
ГьитIинаб гьаб ракьалда бугеб чанги батIалъи!

Ресторанал, кафеял, козиноял, клубал-
Буго Жорж Бушил ватIан рохел- ихтилатазда.
Зодой рорхун виллаби, дунял гьунел дачаби-
Буго Кандализал ракь рахIатаб гIумру гьабун.

Тамахаб креслоялда, Вашингтон шагьаралда,
Вуго ракI чорокав Буш демократияйилан.
Амма гьесул амруялъ миллион чагIи руго,
Расниги мунагь гьечIел, чIалгIаде гъурун унел.

Амма гьесул лъимазда бихьулареб бакIалда,
БетIер лъийго къуличIеб, бакъулаб Афганалда,
Чан инсуца хоб бухъун, ургьиб ракI гIодилаго,
ГьитIинаб, жеги гIечIеб, лъимер ракьулъе лъураб.

Иракалда чан лъимер, жеги бичIчI- гIакълу щвечIеб,
СогIал бомбабаз чIварай, эбелалда хахараб.
…Бидул цIурал гьал рагъал хинаб рокъоб Бушида,
Батила хIайин кколел компьютералда хIалел…
__________________________________________
*Байт- компьютералъул гIакълу борцунеб роценалъул бищунго гьитIинаб бутIа.
**Садам ХIусейн чIвараб къо букIана бусурбабазул кIал биччалеб къо- байрам.


БетIерал террористал руго кисаго рахъун
Терроризмалда данде дунял рагъде ахIулел.
Дуниял буго нугIлъун, къилбаги гъулбасулеб,
КъабихIал гIамалазе гIасиял бакътIерхьазул.

Долларал цIикIкIун, мехтун, къосарал амерканал,
Сахаб миллат букIунищ террористлъун лъугьунеб?
Нужер гъоба, гурони, ватIан- рукъ цIунулезе
ЦIарищ кьолеб террорист, цIияб къагIида гьабун.

Киса нахъа гьитIичал, гьел дир беразул нурал,
Нужеда тIаде щварал кодор венчестрал росун?
Щал рукIарал гIайибал гIисинал гьел лъимазул?
ЛъималгIаги солдатаз тIаса лъугьун щай течIел?
   
Чанги чан гурхIелгьечIал, би къунел гIаштIичагIи-
ГIадамал пикру гьабе, пашманлъи гIумруялъул!
Дуниял ниж инсаназ инжит гьабун бугеб куц!
Дуниял ниж инсаназ копое чIунтараб куц!

Цо рахъалъа къачIалеб, цо рахъалъа чIунтулеб,
ЧIухIарал чIахIичахьаз ракьа гIадин хъарсулеб,
ХъантIарал чороклъабаз, ракIазул кIодолъабаз,
Дунял буго лъукъ- лъукъун, дунял буго гIодоб ккун.

Борхатаб хIалихьалъи, хIалихьатаб борхалъи,
Божи гьечIеб хIакъикъат, хIакъикълъи гьечIеб божи,
Басралъараб эркенлъи, эркенлъараб басралъи,
БетIер борхун къабихIлъи, къабихIаб бихьинчилъи!

Чороклъабазул гIораз хъамун араб гIаданлъи,
ГIазабазул кодоса коб речараб* инсанлъи!
Сурукъаб гIадлу буго, гIамал кIодолъи буго,
Биххун берцинабшинаб тIибитIун нахъегIанлъи.

ГIакълу гьечIел бутIруца, тIутIураб Чачанистан,
Чанги такъсир гьечIесул чIагIа гIадин би къурал.
Биххараб Асетия, къваридаб Абхазия,
Америкаялъул квералъ квер мекълъараб Грузия!

Язихъаб Палестина- пашманаб рагъул бусен,
Ракълица мугъ рехараб, роххелалъ квер хьвагIараб,
Даим ГIизрагIилалъул мекълъиялъ балагь щвараб,
МугIрул кьураби гIадал кьварарал васазул ракь.

КIал кигIан букъун чIелеб, бице дуниял- гIалам,
Бер дуца кигIан къалеб гьал вахIшилъабазда тIад?
КигIан лъимал гъурилел гъора Палестиналда?
ЖугьутIалищ рукIарал рухI гьезул чорхолъ лъурал?
___________________________________________
Коб речине- гIумру, дунял чIалгIине, щибабго жо суризе.


Бице кигIан гьабилеб ракьалда ГIизрагIилалъ,
ГIорлъун биял чваххулеб чорокаб гIадлу- гIамал?
Жаваб гьабе гIадамал, гIажагIибал, гIасиял,
ГIемерабищ бихьилеб халкъалда лъимазул хвел?

«Сиясатал чIахIиял, сиясатал сурукъал,
Сиясатал чIун руго балагьазул кьучIалда.
СиясатчагIи руго ракьалда гIорцIуларел,
ГIадатиял чагIазе кибго жужахI къачIалел.

РачIа дир гьудулзаби, рачIа дир вацал, яцал,
Ракьалдаса бацIцIине сиясат абураб жо.
Сиясатул бакIалде босун лъезе гьудуллъи,
Тезе дуниял нилъер гьудуллъиялъ цIилъизе.»

ГIумруялъул къварилъи, гIазабазул гIемерлъи,
ГIадамал бице дида, ахир заманищ щвараб?
Ле дир вацал, дир яцал, дунялалъул гIадамал,
ГIумруялъ кьурабшинаб цадахъищ босилел нуж?

Дунялалъул пашманлъи, дунялалъул язихълъи,
Дунял- гIаламалда тIад шайтIан белъанхъулеб куц!
Ракълил бугеб ракIсукIи, роххелалъул ракIбиххи,
Рагъаз гьуд