ГьоцIдерил ясалде

Сеймур Ханаев
ГьоцIдерил ясалде               


Бакъбаккул рахъалъа бакътIерхьудехун
Дун тира – сверана сапарал гьарун.
Щиб балагьулеблъи бичIчIичIониги,
Бащдаб дунял нахъе тунги батана.

Чанги бакI бихьана алжан гIадинаб,
ГIумруялъ рагIичIеб, бицун лъалареб.
Дагъистан гIадинаб кибго бихьичIо,
Кисаго- кибего канлъун щвараб ракь.

Хьаргаби, ЦIумада, ЦIунтIа, ЛъаратIа –
ЦIум гъалбацI гIадинал гIадамазул ракь.
Унсоколо, Гъуниб, БежтIа, ЧIаратIа-
РекIелъ хIинкъи гьечIел бацIазул улка.

Дагъистан, дир ватIан, дир дару – дарман,
Дуда барав вуго дун гIумруялъго.
Дур бицун гьардолев вуго дун какилъ,
Кидаго мун ВатIан тIегьан бачIаян.

Дуй дугIа гьабулев вуго дун даим,
Дуй щолел балагьал рикIкIад гьареян.
ГIумрудул магIна мун, мун дир хазина,
Мунилан кIетIола каранлъ дир ракIги.

Дун дур гьаб ракьалъул рехараб гамачI –
РакI рази вуго дун дур вукIиналъухъ.
Дунги хIажалъилан мун къачIалелъул,
РакI- ракIалъ кидаго чIухIун вуго дун.

Берцинлъи, гьайбалъи, рекIей гIолеб куц,
Кинабго росу – ракь гьаб ВатIаналъул.
Жиб-жиб росу жавгьар чIухIун парпалеб,
Пахруялъ каранда бан дур, Дагъистан.

…Гьабго ракьалда дун гьоболлъухъ ккана,
ГьоцIалъ абураб цо магIарул росулъ.
РакI бацIцIадаб мугIрул халкъалъ течIого,
ХутIизе ккана дун сордоги рогьун.

Бакъбаккул гIужалда тIадеги вахъун,
Вилълъана дун къватIив гьава босизе.
БацIцIадаб гьаваялъ рахIалъиги щун
Рогьалил щуб бараб ахикь чIана дун.

Рогьалил хIанчIазул хIеренал бакъназ,
БетIер дир сверана, керен гьалана.
Кисаго гьимарал кьеркьерал тIугьдуз,
Дун хIайран гьавуна, гIакълу босана.

ТIогьазда нахъасан баккун щолеб бакъ,
Бакъуца нур бараб рогьалил сама, –
РекIее кIудияб асар гьабуна,
Гьулчун ралъад гIадин щигIру бачIана.

Беразда кIочана кIудияб гIалам,
ГIашикълъана черх – жан мугIрул росдада.
РакI тегьгIан тIегьалел тIогьол гIавлахъаз,
ГIишкъу дир цIикIкIана, цIа гъуна чорхолъ.

Щарщарун цIуна ракI берцинал хIалаз,
ХIайранлъана керен камиллъиялда.
Канлъдалаб, гвангъараб гьаб мугIрул росу,
Ракьалда бижараб алжанин ккана.

Меседил кьер балеб баккун щолеб бакъ,
Ятана гьоцIдерил гьоцIо гIадай яс:
Гьимиялъ кIудияб дунял къалъулей,
Къадру – къимат тIокIай, тIегьгIан гьайбатай.

КIалъалелъул кIалдиб мацI гьоцIо гIадай,
ГIалам росуялда хIурулгIин гIадай,
Яхъин- чIин узданай, хьвади цIодорай, –
ЦIер гIадин виана дун гьей йихьидал.

Берал чанил гIадай, гIалам гIашикъай,
ГIедерай, гIажизай, жани чIурканай,-
ЧIвана чIаго гьелъул балагьияз дун,
Дой бицун рогьана чанги сардалги.

Дир къоял рахъана «къехь бахъулаго»,
БичIчIана гьелдаги дир рекIел асар.
Амма кIвечIо дида кIалги рагьизе,
Рокьуд тураниги рукъана кIутIби.

Гьейги намуслъана даим дун вихьун,
ВорчIамиги кьуна бетIерги гьуршун.
Балагьун чIана гьей нилъ дандилъигун,
«Нечоге, кIал рагье» абулей гIадин.

Гьей дихъ балагьана намусал бераз,
Балагьана дунги хIасратго гьелъухъ.
Гьелъухъ гIедегIана каранлъ къойил ракI,
Къоял дир рахъана гьоцIдерил къватIахъ.

РекIей хIалхьи щвечIо гьей йихьичIого,
Йигелъухъе даим гIедегIана дун.
ХIасраталъ, урхъиялъ гIазаб кьуниги,
ГIечIо чорхол гьунар рокьул бицине.

…Дида кIоченаро доб ихдалил къо,
Къалъун бацIцIадаб зоб, кьеркьерал тIугьдул –
Жеги дир ракIалда тун руго кьалбал,
Дида кIоченареб цо данделъиялъ.

КъватIахъ уней гьелъий салам гьабуна,
Гьуин гьабун дица йорчIамийилан.
Памадул гIадаб квер дихъеги битIун,
Дур хIал щиб бугилан лъалхъана гьейги.

КигIанаб заманалъ кIиго гIашикъ – нилъ,
Цоцахъ балагьарал «лъавудаса ун».
КIал рагьун щибниги абичIониги,
РекIел хIал цоцае гьуршана бераз.

Рахъарал долдаса чанги – чан сонал,
ЧучичIо дица ракI рагьун гьелъие.
Булъана кIалдиб мацI, кIвечIо абизе,
Берцинай, хирияй, мун йокьулилан.

ЦIакъго кватIана их, кватIана хIанчIи,
ХIеренаб жидер кечI нижей ахIизе.
Бакъван ана дирги доб харбил ралъад,
РатичIо рагIаби гьин битIаниги.

КватIана дуниял ихда бахъизе,
Билълъана замана варани гIадин.
ГIедегIана амма, яс, дур гIагарлъи,
ГIедегIана, яс, мун росасе кьезе…