Цадахъ цIалулей ясалъе сайгъат

Сеймур Ханаев
Цадахъ цIалулей   ясалъе сайгъат.

ГIатIидаб МахIачхъала
Мун гьечIеб дий къваридаб.
Къо бухIараб, цIа гIадаб ,
Бихьуларищ дир рокьи?

Гъуниб Париж бугилан,
Берцинаб ва чIухIараб,
ЧIухIи гьабун чIваге дун,
ЧIухIарай Гъуниса яс.

Росуцояв гьечIилан,
Гьабулеб щай дий гIазаб?
ВатIанцоял гурищ нилъ, –
Лъимал мугIрул халкъалъул?

Яс, дир къо рахIат гьечIеб,
Сардалги макьу гьечIел.
Гъуниб гьечIищ къо- сордо?
БичIчIулареб щай дир хIал?

Бакъул чIорал рессараб
ЧIурканаб дур черхалда
Чангиясул бер бугеб! –
Балагьуге дихъ гIайиб.

Рохьил жайранил гIадал,
ЧIегIерал дур бераца
Бахъун ана чорхол рухI,
Бер дуда кIутIарабго.

Ахикь булбулул мацIалъ,
Мун кIалъан гIакълу ана,
ГIемер мех бахъичIого,
ХъачIлъиялъги чIвана дун.

Харилъ мокъокъил гIадаб,
ЧIухIараб рилълъен гьабун,
Нухда мун данде чIвайдал,
Дида дунго кIочона.

ХIанчIаз дуй кечI ахIеги,
Жайраналги кьурдеги,
Кьурда цIумаз зурма пун,
Цияца къали кьабун.

ТIугьдуца сверун тIамун,
Свери бахъулей дуе,
Дун щвелаан, наку чIван,
Кодобе тIил бергьине.

Гъоба цо кьурди гьабун,
МугIрул хехаб макънида,
Мунги дунги кIиялго
РукIинаан харбида.

Вехьас кьегIер кинигин,
Каралде къалаан мун.
ТIегь гIадаб дур гьурмада,
Гьабилаан убачги.

Ракьалда такрар гьечIей,
Гьайбатай дир хIурулгIин,
Буракъги ахIилаан,
Мугъда рекIун роржизе.

Роржилаан зобалахъ,
ХъахIал хьухьал нахъги тун.
Зодиса цIваби ретIун,
Сайгъат гьарилаан дуй.

РештIилаан хъаладухъ,
Рокьиялъ нилъей бараб.
Телаан, яс, мун ханлъун,
Тажги дур ботIрода лъун.

ГIанчIаб чIухIи къезабун,
ГIамал кIодолъиги тун,
ЯчIунарищ дандчIазе,
Дий зулму гьабичIого.

Мун ячIунел нухазда,
ТIогьол халча гьабила.
Кралича ячIунилан,
ЧIела дур хъулухъалда.

Меседил кьили чIараб,
ЧIухIарал лълъурдул ругеб,
Рохьил жайрангун щвела
РекIелай мун рекIине.

Анкьалъ сухIмат гьабила,
МоцIалъ бертин гьабила,
Гьайбатаб дур чорхода
Чучизе, къвалги жемун.

Гьаб дир махсаро буго,
Босуге, яс, гIадалъе.
МагIарул гIадлуги тун,
Тириларо дун саяхъ.

Лъадилъун лъугьинчIелда,
Дица къвалги баларо.
Намус кIочон, нич тIагIун,
ГIишкъуги гьабуларо.

Дун росулъа вас вуго
Къабахчоли абураб,
Берал дир рахъаниги,
ЧIоларо дуй накуги.

ТIажу ретIунел ясал,
Васалин ккола дида,
Дир гьезухъ рокьи бергьин,
БукIине ресго гьечIеб.

КIаз чIваларел гIурусал,
РикIкIада рокьула дий.
Дица дие ячила,
ГIадатияй мугIрул яс.