Палестина

Сеймур Ханаев
Палестина

Дие анцIго букIана –
АнцIго сон гIураб лъимер,
Дида ракIалда буго
Палестиналъул хабар.

АнцIила щуго гIуна –
Дир тIубачIеб балугълъи,
Дуда ракIалда буго
БухIулеб Палестина.

АнцIила микьго гIуна –
«ГIадалаб» гIолохъанлъи,
Къойил щибаб эфиралъ
Бихьана Палестина.

Инсуцаги абуна
Цебеги рагъ букIанин,
ГIасиял гIизрагIилаз
Палестинал гъуранин.

Гьанже къоло лъабго сон-
Къоазар анищ – мурад
Къоазар пикру – хивал
Къоазар къотIигун дун.

Тахшагьар МахIачхъала –
Таж мугIрул улкаялъул,
РахIалъи гьечIеб шагьар,
РахIалъи гьечIеб гIумру.

Чан жеги лъачIев гьалмагъ,
Чан жеги бихьичIеб бакI,
Общежитие, цIали –
Гьуинлъи кьогIал санал.

Чан миллаталъул вакил,
Чан улкаялъул гIадам,
ГIарабал, туркал, курдал
Руго гьанир цIалулел.

Гьаб кIийилаб курсалда,
Дагьабго жо хутIана
Нахъе рехун ине дун
Дир цIалул бакIалдасан.

Гьеб дие захIмалъичIо
Палестина кинигин,
Палестиналъул хабар
Хечлъун къана каранлъ дир…

…Дида палестиниял
Пашман рихьулел руго.
Пашманаб хабар буго
БачIунеб Газаялъул.

ЖугьутIаца жегиги
ЖужахI буго къачIалеб,
Балагьун, хал ккечIого
ЧIужуялъул, лъимадул.

ГIизрагIил ИзрагIиллъун
Лъугьун эхетун буго.
Расниги гIайиб гьечIел
ГIадамал руго холел.

НагIана жугьутIазе
Гьабулеб буго щивас,
Бакъбакул рахъалдасан
БакътIерхьул рахъалде щун.

Миллионаз чи вуго
Чорхол хьи хун митингалъ,
Магърибалда байбихьун
Машрикъалде щвезегIан.

ЧIван – къотIарал тIалабал,
Руго чанги халкъалъул,
ЖугьутIазда цере лъун,
ТIолабго дунялалда.

Чиякъ гьарулел руго,
Гьоркьолъаби хвезарун,
Залимал ЧIвадарухъаби,
Ракьалда пачалихъаз.

Нилъер МахIачхъалани
Макьилъ кинигин буго,
Бихьулеб гьечIо гьелда
Диналъул вацазул хвел.

Гьелда гьеб регIуларо
Гьелъул гьелъий мех гьечIо.
Капуразул цIияб сон
Ккеларищха дандчIвазе?

Мажгиталда абураб
КъватIир рахъун кIочонел,
Руго мугIрузул халкъал
Мехтел- гьекъел гьабулел.


* * *
Сон гьимулеб букIараб
Бакъул чIоракь хинлъараб,
РахIат цоги къо толин,
Разиго хIухьел цIараб,

Зодихъ гвангъарал цIвабзахъ
Шукруялда балагьун,
БетIер бусада лъураб,
Бакъулаб Палестина…

Песказул гIавлахъалда
Рехараб бесдал гIадаб,
Лъицаго квер хьвагIараб
Пакъираб Палестина,

Жеги цохIо хутIана
ГIаштIичагIазда цебе,
Жеги цохIо хутIана
ЦIадул гуллида цебе.

…Лотияз бесдаласул
БетIер бухулеб гIадин,
ГIизрагIилаз мискинхалкъ
Малакь тIамулеб буго.

Ракълилаб миллаталда
Ракетаца, танкаца,
Раккулел руго цIаял
Къад къоялъ, жугьутIазул.

Мунагь гьечIеб халкъалъе
Туснахъ буго къачIалеб
ГIайиб гьечIел чагIазул
Би буго гIодоб тIолеб.

…Ракьалда, дунялалда
ШайтIан буго эхетун,
Бергьенлъи жиндирилан,
Бахъараб, жиб парчахIин.

Жиндир чорокаб гIамал
Билълъинабулеб бугеб,
Бичасул нух ккуразул
Би жиндица гьекъелин.

Гьадин абула даим
Дир хирияв инсуца
Дунялалда гIасилъи
ГIемерлъараб заманалъ.

Гьеб жеги эхетана
РикIкIадаб къилбаялда,
Бусурбабазул рокъоб,
ЖугьутIазул куцалда.

Жеги нужеда лъала
Афганалъул хабарги,
Гьебго гIадин гIасияб
Иракалъул хабарги.

ШайтIан даимго буго
Дунялалда къеркьолеб
Дунялалъул ихтияр
Жиндир букIине кколин.

Гьелъий нуцIа рагьарал
РукIуна гьелъул лагълъун
Ракьалда гIумруялъго
Гьелъий хъулухъ гьабулел.

Америка – гьелъул ракь
Гьеб гьелъул ккураб бусен.
Гьениса руго кьалбал
Гьелъ кирего рацIцIунел…


* * *

Гьанжеги кантIулареб,
Камилаб ВатIан, щай мун?
Щай жеги макьилъ бугеб
Бидулъ дунял бугелъул?

Дир рагIи рагIун гIадин,
Халкъул ццин бихьун гIадин,
КантIана мугIрул улка,
КватIун гьеб бугониги.

Гьелъги тасдикъ гьабуна
Жиндирги берал ругин.
Квербакъиги гьабуна
Диналъул яц- вацазе.

Дун божараб мугIрул халкъ
Мажгитахъ бакIарана,
Бицана жиндир рагIи,
Гьаб дунялалъул рокъоб.

Нус – нус халкъалъул гIадин,
Дагъистаназул цIаргун
РикIкIадаб къилбаялде
Нус ккуна самалетаз.

ШайтIабазул боязда
Бихьана дунялалда
Палестинаязулги
Вацал – яцал ругеблъи.

Женазе баянлъана
Бусурбаби ракьалда
Бесдал лъимал гуреллъи
БетIер тIилалъ бухизе.

Гьезул рахъалда чIолев
Ракьалда дагьги гьечIин,
Гьел дунялалъул рокъор
Чиякъал чагIи гурин…