Сиясатги нилъги

Сеймур Ханаев
Сиясатги нилъги…

Цояв Бабаюрталда
Цояв Хасавюрталда
Цояв Гъоркьнув, ЧIорода
Цояв МахIачхъалаялъ
Цоял Къабахчолинир,
Рахъ- рахъалда ящав ккун-
Кидаго дир гIагарлъи
Дида цадахъ бихьичIо,
Берталъ дандчIван гурони,
Хвалилъ рихьун гурони.
Берталъги гIагарлъидул
РачIун щвечIелги ккана,
Загран паспортаз даим
Нухал къана цоцахъе.
Хвалилъги кватIун щвана
Гьел паспортал сабаблъун.
Дир гIадаб къадаралда
Къоазар чи ватила,
Чанги гьадинаб къадар
Лъала дида чидалги…
Бикьбикьараб дир миллат
Щущахъ бараб авар халкъ –
Сиясаталъ яц – вацал
Цоцай рикIкIалъарал куц!
Сиясатул сурукълъи
Сиясатул чороклъи
Сиясаталъ гьаб дир халкъ
Бикьараб чан рахъалде!
Пикраби цIикIкIанагIан
ЦIикIкIун гьеб сурулеб куц.
Гъваридго бичIчIанагIан
Бугеб гьелъул къабихIлъи.
Гьелъул квералъ гурищха
СогIаб бомба рехараб,
Сардилъ макьида бугеб
Хиросимаялда тIад.
Санал гьоркьор таниги
Гьенир гьелъул хатI буго,
Дунялалъул рекIеда
Гьелъ лъураб ругъун буго.
Сиясаталъ бухIана
БахIарчияб Афганги,
Гьелъул кверзул лъалкI буго
Гьениб щибабго къватIахъ.
Сиясаталъул ракIалъ
ЦIоб гьабичIо Садамий,
Сиясат буго жеги
Гьесулазул чан гьабун.
БитIун дандеги тIамун
КIал биччалеб байрамалъ,
Бусурбабаз вацазе
Сайгъаталъе чIвана гьев.
Гьелъул лълъар кIалада чIан
ЧIухIун лъугьарав Гитлер,
Гьелъ мехтун, гIечIеб гьесий
Гьаб кIудияб дуниял.
Гьелдаса къечарав гьес
Къасд гьабураб кIудияб,
КIудияб дунялалъул
Хважаинлъун лъугьине.
Гьеб рагъалъ кигIан арал
Нилъер васал цереса.
Гьеб рагъалъ ругъун лъураб
Бащдаб дуниялалда.
Такрарлъугеги абе
Ракьалда гьединаб рагъ,
Такрарлъани лъа дуда
Дуниял пасалъилин,
Сиясаталъ тIанкI лъелин
ТIолго чIаголъиялъе…
РачIа дир вацал- яцал
РикIкIад тезе сиясат,
Сиясатул бакIалде
Босун лъезе гьудуллъи.
Гьудуллъиялъ гурони
Гвангъизе гьечIо гIумру.
Гьудуллъи гьечIого нилъ
ГьечIо церелъун ине…