Дагъистан

Сеймур Ханаев
Дагъистан

Ассаламу гIалайкум
ГIагараб мугIрул улка,
Камиллъи Бичас кьураб
Кьварараб дир Дагъистан.

Дие щибго кIваричIо,
ЧIухIизе дунялалда.
Дур вас вукIин гIела дий
Дир ВатIан, дир Дагъистан.

Рорхатал дур мугIрузда
Чундул кьурдулел руго.
Чайкабаз Каспиялда
КучIдул ахIулел руго.

Кидаго дир каранда
РекIелъ духъ чIалгIин буго.
Дица ахIулеб буго
Бокьула мун Дагъистан.

Дур васал малаикал
Дур ясал хIурулгIинал
ГIумруги аваданаб,
Дир алжан, дир Дагъистан.

Мун гIасрабаз цIунараб,
ЦIоб гьечIел рагъал лъараб,
ГIумруялъ амма тушман
ТечIев дуца воххизе.

Мун намусалъул чирахъ
Чилъиялъулги магIдан
МугIрул кьураби гIадал,
Маг1арулазул ВатIан!

ЦIоб кIудияв Аллагьас
КIудияв дуе кьурав,
Диналдаса буссунге
Бакъулаб дир Дагъистан.

ЦIуне даим БетIергьан
Къимат тIокIаб дир ВатIан.
Тоге аллагь, Дагъистан
Къадру хун малакь ккезе.