Вацал туснахъал раге

Сеймур Ханаев
Вацал туснахъал раге

Вацал туснахъал раге, шуго тIалаялъулал.
Шушалеб школал къачIал, цIи – цIиял школал рай!
Туснахъалъе хIажалъи хутIиларо халкъалъул,
МухIкан гьаре школал – школ жамгIияталъул кьучI!

Вацал, туснахъал раге, рай мухIканал школал:
Колхозал гIадал раге, цохIо наряд тIубалел.
Лъайкьеялда цадахъ гьел тарбия кьолел рукIа –
Тарбия гIумруялъул бищунго хIажатаб  бакI!

РукIунге гIалимзаби гьаб нижер  улкаялъул
Улбузул мугъ бекулел, халкъалъул би гьекъолел.
РукIа гIухьби цIодорал,  халкъалъул къимат лъалел, – 
Халкъалъул чIегIер къоялъ ратила гьел нижеда.

Вацал, туснахъал раге, рай школал мухIканал –
Туснахъал гIезе гьечIо гьадин тани нижее.
Щибизе нижей школал, щибизе нижей цIали,
Нижер школалги лъугIун чи вахъулев гьечIони.

Вацал, туснахъал раге, рай мухIканал школал.
Рай гьаб жамгIияталъе гIадам кьолел школал.
Гурони школалдаса туснахъалде букIина
Босулеб нижер гали, гьадинал школалгун.