Я хlалкlолев БетIергьан...

Сеймур Ханаев
Я хlалкlолев Бетlергьан…

Дуца, БетIергьан Аллагь, рижулелъул Дур лагъзал,
Рижулел куц ракьалда мунагь гьечIел рацIцIадал!
Дуца, Я Халкъ Бижарав, рижулелъул Дур лагъзал,
Рижулел куц ракьалда расги тIекълъи лъаларел!

Релъизе, гIодизе лъай, роххизе, риххизе лъай –
КигIан бечедаб гIамал кьолеб Дуца чIобого!
ЧIахIиял рокьизе лъай, гIисинал цIунизе лъай,
ГIалимасги кьоларел гIадлуял кьолел Дуца.

Огь, кигIанаб бечелъи, огь, кигIанал нигIматал,
Нижее кьолел Дуца нижер чи цIехечIого!
Вищун мискинав чиги вижулелъул ракьалда,
Вижулев Дуца, Аллагь, тIокIги гьавун гьайбатав!

ГIаламалъул ПадишахI, дуниялалъул Къирал,
Къоял, моцIал Рижарав, реццалъе МустахIикъав,
КигIан берцинлъи бугеб, кигIан хIикмалъи бугеб,
Бакъ баккиялъулъги Дур, моцI тIерхьиналъулъги Дур!

Жиндир такрарлъи ГьечIев, Жив вищун ТIадегIанав,
ГIаламалда, халкъалда Жив кидаго ГурхIулев,
Дуе буго нижер рецц, Дуй мукIурал Дур лагъзал;
РитIулел саламалги къабул гьабун те нижер!

Я реццалъе Рекъарав, ракьги зобги Бижарав,
Зоб гвангъараб, берцинаб, бакъги нижей Бижарав,
КигIан берцинал ругел зодихъ моцIги, цIвабиги,
БетIергьан Аллагь, Дуца нижей сайгъат гьарурал.

Я ГIадам – ХIава рижун инсаният Гьабурав,
Инсаназе ракьалъул кверщел кодобе Кьурав,
Инсанал ритIун ккезе, алжан жидей къачIазе,
Къуръан рештIарав Аллагь, тIасаги лъугьун те ниж.

Жеги битIараб нухде ниж тIоритIизе гIоло,
ГIалам – халкъалъул ХIабиб МухIамадги Вижарав,
ВукIунге гIазаб кьолев нижей доб дунялалда,
Нижер гьал мунагьазухъ, Дур ХIабибасе гIоло!

ТIаса лъугьа, БетIергьан, тIаса лъугьа, Я Халикъ,
Хирияв ХIабибасул нухдаса кьуриялъухъ,
ТIаса лъугьа, Я РахIим, нижер чангиял рахъун,
Дур тушман шайтIаналъул нухдаса рилълъиналъухъ!

ТIаса лъугьа, я ХIаким, рахIму кIудияв Султан,
РухI лъурав Мун нижеда даим кIочон теялъухъ,
Рижулелъул бацIцIадаб ракIгун ниж рижаниги,
Нижеца гьеб, къоял тун, чороклъун гьабиялъухъ.

ТIаса лъугьа, Я Халикъ, халкъ бижарав БетIергьан,
Бечелъи дунялалъул нижей хиралъиялъухъ,
Дуца кьураб бечелъи нижеда дагьги бихьун,
Дунялалъул нигIматал цIехолел рукIиналъухъ.

ТIаса лъугьа, Я ТIагьа, тIолгоялъул Хважаин,
ТIокI гьарун дуца рижун учузал рахъиялъухъ,
Ракьалда цо – цо мехалъ чиясе рекъолареб,
Чороклъи гьабиялъухъ, чар – чари гьабиялъухъ.

ТIаса лъугьа, Я Бича, гьаб гIумруялъул КъулгIа,
КъабихIал гIамалазухъ ниж лагъзаца гьарулел.
ТIаса лъугьа, нижер Хан, Мунги кIочон тун, нижер,
РекIел хьулазе лагълъи гьабизе лъугьиналъухъ.

ТIаса лъугьа, Я Аллагь, гурхIа нижеда, Халикъ,
ТIагIат кIочон теялъухъ, намус реххун теялъухъ,
РекIел чороклъиялъухъ, ияхI гьечIел хьулазухъ,
Гьезда мукIурлъун нижер беразул балаязухъ.

ТIолабго жо ТIабигIав, тIолабго жо Бижарав,
БетIергьан, тIаса лъугьа, гьари балел руго ниж,
Берцинал гIамал – гIадлу гьабизе рижаниги,
Нижеца ургъун бахъун тIекъаб гIамал ккеялъухъ.