Лъимадул релъи

Сеймур Ханаев
               
                Бищунго гьуинаб хIухьел – лъимадул хIухьел!
                Бищунго берцинаб калам – лъимадул калам!
                кици



ТалихI – роххел гурищ лъимадул релъи,
Халкъ махIрум гьабуге гьелдаса, вацал.
Гьелдаса берцинаб бакъанго бугищ! –
Те лъимадул релъи кибго рагIизе.

Лъимадул релъиялъ боххула гIалам,
ГIашикъ буго гьелъухъ жибго дунялги.
Лъимадул релъиялъ роххула ракIал,
Ракь, бакъ- зобги гьелъухъ буго хIайранаб.

Ракьалда бищунго талихIаб заман
Бице, вацал, кинаб замана бугеб?
Нилъер гъасда лъимер белъулеб гIадаб
Бугищ, вацал, нилъер талихIаб заман?

Бищунго кIудияб байрам щивасе
Щолеб гьечIищ лъимер рокъоб белъигун.
Щияйго эбелалъ гьарулеб гьечIищ
БачIун хехго щвезе жиндие гьеб къо!

Чанги захIмалъаби кIочона гьелда
Гьуинаб релъиялъ лъимер белъигун.
Лъимада ракIгъеялъ кIоченабула
Ракьалда хIехьезе ккарабшинаб жо.

Чиякълъи кIочона чан бесдаласда,
Чудукълъи кIочона чан пакъирасда,
Мискинлъи кIочона чан мискинасда,
Канида белъигун гьуинго лъимер.

Жеги лъикIго лъалеб батизе буго
Балагьун чIварасда саназ лъимадухъ,
ТIоцебесеб лъимер рокъоб белъигун,
Рокъоб цIикIкIунеб куц роххелгун талихI!

Лъимадул релъиялъ цIикIкIинабула
Рокъоб гьуинлъигун рокьигун гIишкъу .



    *            *            *


Кинан кIолеб, вацал, нужер кверазда
Гъанкъизе, гьукъизе лъимадул релъи?
ТалихIаб гьеб релъи чIезабулелъул
РакъвачIого кверал кинан хутIулел?

Чидал ццадай гьечIеб, гIицIго бацIцIадаб,
ГIинтIамурасул ракI рахIат гьабулеб,
Гъорлъ хьими жубачIеб лъимадул релъи
Ракьалда кин кIолеб гъанкъизе, вацал?

Кин хутIулеб, вацал, каранлъ жаниб ракI
Жиб кIетIоларилан инкар ккечIого!
Ракьалда лъимазе гIазаб кьун хадуб
ГIарз кинан хъвалареб жужахIги цIехон!

Аллагьас, балагье, рахIму гьабула
Ракьалда нуж гIадал жагьилазеги.
Нуж гIурал чагIазда кIвечIищ гьабизе
Гьардолеб лъимадуй дагьгIаги гурхIел.

Пикру гьабуларищ нужер лъимазул?
БачIунарищ цебе нужер лъимерлъи?
Ургъуларищ, вацал, гьел лъималазул
Гьайбатаб гIумру – къо цебе бугеблъи.

Кин бегьулеб, вацал, лъималги рикъун
Регизе тIамизе кIудияв чигун?
Бегьилищ мигалъул ихтилаталъухъ
Берцинлъиялда тIад чIегIер тIанкI лъезе.

Бегьилищ лагъзаллъун хIалтIизаризе?
Яги гIарац бокьун ричун – росизе?
Бегьилищ, къосарал ракьалъул чагIи,
ГIажизал лъимазул гIумру босизе.

Нагагь цо жо ккани нилъер лъималгун,
Нилъеца ракьалда баччулеб гIазаб!
БичIчIизе ккеларищ нилъеда, вацал,
Ниж гурезулги ракI бугеблъи каранлъ.

Нилъер кумекалъухъ хIажатал лъимал
Малакь кигIан кколел ракьалда нилъер!
Цоцахъа росулел нилъер къисасаз
Зарра гIадал лъимал кигIан чIван толел!

Ахир гьечIел рагъал, тушманлъи, чIвай – хвел! –
ЧIвазе кинан кIолел малъ гIадал лъимал.
Кумек гьечIел гьезде кин кколеб, вацал,
ГьабичIого пикру гIасияб ярагъ.

Нилъеца ургъараб тушманлъиялъухъ
Лъималалищ ругел, вацал, гIайибал?
Лъималазул мунагь щиб бугеб, вацал?
Щайзе цIунуларел нилъеца лъимал?

Щайзе хвезе кколел гIисинал лъимал,
ГIумруялъул геми жеги лъаларел.
Бищун дир ракI холеб, керен унтулеб, -
Щай хвезе кколел гьел чIахIияца чIван?

Цере тIамуларел щайзе нилъеца
Нилъерго вас – ясал лъимал чIвалелъул.
Гурони лъимазе гурхIел гьабизе
ЯхI – намусищ нилъер гIолареб, вацал?

ЧIахIиязда цадахъ, кигIан рукIинел
Ракьулъ лъимал лъолел нилъ дунялалда.
Нилъехъ рештIинчIого бичIчIизе гьечIищ
Нилъеда гьеб бакIги, гьелъул захIмалъи.

Чороклъи лъалареб каранлъ жаниб ракI,
Жеги гIурда тIегьгIан тIегьалеб гIумру,
ГIайиб – мунагь ккечIеб камилаб инсан,
Инжит щай гьарулел лъимал, яц – вацал?

Щай толарел лъимал роххун релъизе,
Роххизе гIумрудул берцинлъи бихьун!
КъотIизе гьабулеб щай гьезул релъи
Релъи бачIунаго мукъулукъги ккун.

Жиндирго лъимадул зонохъ гIодигIан,
ГIазабаб жо бугищ дуниялалда.
Дида абе, вацал, кигIанаб бугеб
Улбузе гьадинаб сайигъат нужер?

Лъийго бокьун гьечIищ лъимал роххизе,
Роххел гIемерлъизе жидерго гъасда.
Щайха чидал лъимал малакь мерхьунел,
Щай чидае магIо кьолеб, дир вацал?

Эбелалъул гIоди лъалебищ гьечIеб?
Лъалеб батичIони рагIунищ гьечIеб?
Гурони ракьалда эбел гьечIого
Гьарунищ ниж ругел гьаваялдаса?




   *            *            *

Лъимал хIурулгIинал, хIеренлъи, тIокIлъи
Лъимал жибго алжан лъалев чиясе.
Лъимал ихдал тIугьдул, тIугьдузул махIал,
Лъимал жибго гIумру ракI кIетIолесе!

Лъимал дунялалъул бугеб берцинлъи,
Батани ракьалда цохIо берцинлъи.
Лъимал талихI – роххел щибабго рокъоб,
Рокъобе рештIараб бишун кIудияб.

Лъимал жибго гIумру, гIумрудул магIна,
ГIумруялъ чиясе кьолеб ракьалда.
Лъидаго ракьалда рагIизе гьечIо
Лъимадул релъигIан ракIгъолеб макъан.

Гьарула щивасе дица васгун – яс,
Гьарула щивасе дица гьеб макъан.
Гьарула лъиего дица ракьалда
Лъималазул рахъалъ даимаб ракIгъей.

Гьарула лъидаго лъимал цIунеян,
ЦIуне нужералгIан чидал лъималги.
ЦIуне, вацал, лъимал лъил ратаниги
ЦIуне, вацал, лъимал, цIуне кидаго!