Сордо буго бащалъун

Сеймур Ханаев
Дур хивалаз толев гьечIо дун

Берцинай дур хивалаз
Къаси толев гьечIо дун,
Дунял буго сихIкъотIун
Сордо буго бащалъун.

ХIалхьи гьечIеб гьинал ракI
Мунан буго угьдулеб.
РахIат гьечIел дир берал
Мун ялагьулел руго.

Къварид вуго дун, гьудул,
Мунги аскIой гьечIого.
ГIадамазда гьоркьовги
Янгъизго хутIун вуго.

Йокьилаан мун аскIой,
Дуда цо къвал жемизе,
ХIасратго каранда къан
КIутIбуздаги къочизе.

Дир анищ бихьун зобги
Дир ракI гьабулеб буго.
ЦIвабзаца бакънал рачун
МоцI кечI ахIулеб буго.

   
2005 сон МахIачхъала