Школухъ хIалатан воа

Сеймур Ханаев
Школухъ хIалатан воа

Мун ехьраб къояса гIашикъ воа дун,
Духъ боа дир гIакълу, духъ боа пикру.
Ехьгьеилъи йоа цо къоялъ ди мун
Диа батан бочIу дий рахIатаб бакI.

Диа дир талихIлъи духъ бехьна боа,
Дур берцинлъу рукъун кечI хъана боа,
Къадунги – къасунги дур пикру гьубу,
Ехьзи гIоло школухъ хIалатан воа.

МагIлимаздаги, хизаназдаги
Ниже кьороб бугаб рокьи лъан боа.
Дир цIар «Мажнун» гIадин роснуб кIал боа,
Мун талихIай ясгIан ехьзи ен йоа.

Дандилъзи вегьибу гIел бераб мехалъ,
БацIаб хIалтIиги тун «воржан» воа дун.
Гьиинаб цо хабар риараб мехалъ
ЦохIо дард гьеевгIан вохан воа дун.

Дий мун якьал йоа дуниял гIадин,
Дуаса гIазизаб цо жо бочIу дий.
Дулъа бицун хьалъи хIинзи хьала мун,
Дуй гIола хIинзиги хIудур воа дун.

СагIатаз дур нухIлихъ бала чIан воа,
Киса кив вен воа мун бицунтун дун!
Мех бечIун дандилъзи мун егьеилъи,
«ГIадаллъна» воа дун, дир школул рокьи.

Гьиинаб боа дий гьоцIосаги цIакъ
Дур багIар кIутIбузда бараб цохIо мач.
ГIазизаб боа дий диасаги цIакъ
Цо нухалъ белъиги къал бараб дур черх.

Къасун дур пикруяз тана вочIу дун,
Рогьул мех щинзи гIол гьеден воа дун.
Цо тIин микьину дун кIунхьалъи воа,
Микьилъги жеги мун цее чIан йоа.

Мун дий ячизи щин дир мураз боа
Амма лъана бочIу рекIехъ хутIзинлъи.
Къоялъ шагьра яхъу дихун дандилърай,
Диа хьана йочIу чадал езинлъи.

Духун дандилъраб къо байрам боа дий,
Дуаса бикьалъзи бакьан бочIу дий.
ЧIегIерал беразухъ, берцинаб чорхохъ,
Соналъ балалъиги гIорцIна вочIу дун.
               
2005 сон МахIачхъала