Къабахчолилъул лъимал

Сеймур Ханаев
Къабахчолилъул лъимал

Чичзахун вацал г1адин,
Г1умруялъ цадахъ ругал.
Кидаго мег1ер г1адин
Мугъахъги ч1ун ратанал.

Гьиинаб махсара – гап
Даим камзи танурал.
Зах1матал къоязсаги
Цог1ан нахъи ц1анурал.

Къабахчолилъул лъимази
Бекьер г1улна муг1рузги.
Цебеса наку ч1ана
Ахир гьеал зобазги.

Муг1рул ц1умал г1адинал
Къабахчолилъул лъимал.
Рохьил гъалбац1 г1адинал
Къабахчолилъул лъимал.