ГIайиб, гьудул, лъидаго буго

Сеймур Ханаев
ГIайиб, гьудул, лъидаго буго…


Гьаниб рагъ, доба рагъ, дуниял ккун рагъ –
Дие дандияв мун, дуй дандияв дун;
Дун витIарав вугин дурал чIвалев дун,
Йохъ, мун мекъса вугин дирал чIвалев мун.

Гьаниб цIа, доба цIа, кибго – кибго цIа,
ЦIехоге, дир гьудул,  гIайибияв чи.
ГIеч зодоса бортун бачIинчIеб жеги! –
Мунги, дунги, гьудул, – нилъ гIайибиял!

Гьаб гIумру, дуниял гIасияб гьобо, –
Гьелъул ганчIазулъ нилъ ханжулъун кколел!
Амма гьеб гьободул кIиябго гамачI:
Цояв мун, цояв дун, нилъго лъурулел!

ЦIехоге, дир гьудул, цIехоге дуца, –
Дов тахъсирчи даим нилъелъ вахчулев!
Гьудул, гьев хIалихьат цIехоге дуца,
Гьев матIуялдацин лъачIев нилъеда!



                06.02.2010 МахIачхъала