МахIачхъала жакъа

Сеймур Ханаев
                МахIачхъала жакъа…

Первобитиял чагIи гIакълу гIечIолъиялъ толого хьвадулел рукIана. Амма цо пикру гьабуни нилъеда бичIчIила инсан гIакълу цIикIкIанагIан жеги гьебго даражаялде вахъунев вукIин. 
  Къоло цоабилеб гIасру. БатIи- батIияб цIарги буго гьелъул: техникаялъул гIасру, компьютералъул гIасру. Дицани абилаан чIвадарухъабазул гIасруйин. Амма нилъеца жакъа гьалъул бицине гьечIо…

   Квешги лъугьун гьечIо къоло цоабилеб гIасру МахIачхъалаялъе гIоло. Шагьар къо бахъанагIан берцинлъулеб, гвангъулеб буго. Шагьаралъул цебетIей нилъеда щибаб рахъалъ дандчIвала. Жакъа МахIачхъалаялъул халкъазда гьоркьосеб порталдасан тIад Дагъистаналъул байрахъалгун гамаял лъедолел батIи- батIиял къватIисел пачалихъазде. МахIачхъалаялъул халкъазда гьоркьосеб аэропорталъни абуни тIубалеб буго чанго рикIкIадал пачалихъаздахун гъункараб гьоркьоблъиялъул иш. Шагьаралъ мех танагIан халкъалъе рагьулел руго чанги батIиял ресал. РикIкIаде инчIого гьанирго тIубалел руго нилъер щибалго хIажалъаби.
  Тахшагьар санал нахъ танагIан гIатIилъулеб буго. Щакаб жо буго цо чанго лъагIел гьоркьоб бахъун Каспийск шагьаралъул ва МахIачхъалаялъул жубачIого хутIиги. Жакъа ракI хIинкъичIого абизе бегьула МахIачхъала бугин Кавказалъул бищунго берцинал шагьаразул цояблъун. МагIардаса рештIарав, гьаниб таманаб заманалъ гIумру тIамурав чиясул цIикIкIунисес гьанив хутIизе жигар бахъула. Гьединго гьанир дандчIвазе бегьула чагIи гIараб улкабаздаса, гIагараб Востокалдаса, хIатта рикIкIадал пачалихъаздасаги, тIубанго гьанире гочарал, рукъ- магIишатги гIуцIун гIумру тIамулел.
    Бецав чиясда бихьуларо мугIрул васасул цIаралда бугеб гьаб шагьаралъул цебетIей. Нилъер тахшагьаралъул нухмалъулезул цояс абун буго цо чанго анцIлъагIалидаса МахIачхъала цебетIун Стамбулалда хадуб гъезе бугилан. Дица гьесда гьанже абилаан МахIачхъаялъ цебего Стамбул нахъ танилан. МахIачхъалаялъул ясазухъ балагьидал нилъеда бичIчIула нилъер шагаралъул батIаго гьеб рахъалъ цебетIей цIикIкIун бугеблъи…
    Къоабилеб гIасруялъул байбихьудасаго нилъер шагIирзабаца, хъвадарухъабаца магIарулалъе эркенлъи гьарана. Щвана гьеб эркенлъи гьелъие, - цIикIкIунги щвана. Гьелъ цIарги хисана - тIабигIатги, ретIунеб ретIелги. «МугIрул Бика» лъугьана мугIрул мадмаузеллъун. Гьанже гьелда тIокIаб ПатIимат гуро абулеб «Патя» абула, я ГIайишат абуларо «Айка» абула. Гьелъий тIокIаб бокьуларо «рорчIами» абураб рагIиги. «Приветин» абула гьелъ «гьанжесеб заманалда рекъон». Гьей нилъеда дандчIвала чIухIарал къватIазда керен, чехь, мугъ чихIараб ретIелгун унейги, жиндир жинда релълъарай «подружкагун» яги хирияв гьудулгун гIадлу гьечIеб кIалъа – басай гьабулейги, кафе- баразда сигарет бухIун, гIаракъи гьекъолейги, мехтидал «васасухъе» телефон кьурун гьев жийгун сордо рогьизе ахIулейги, парказда, бульваразда вокьулесул къвалакьги, кодой йосарайги,  - саунабазул абиларо тIокIаб! Эркенлъиха – гIайиб сунда гьабилеб! ТIокIаб эбел – инсуца ( таманал руго гьадинал чагIи), вацаца цIех – рехги гьабуларо жидер ясазулги. Вацаца кинха яцазул ургъел гьабилеб, регIуларелъул гьел жидер аскаяздаса, рогьалидегIан гьабулеб телефоналъул рокьудаса, дандчIваяздаса.
Амма, батIаго, кIвар кьезе кколеб хIал бихьула эменазулги. ХIатта дандчIвазе бегьула чIахIиял, бетIер хъахIлъарал, гIурал лъималазул эменалги школьницабаздахун «гьудуллъи» гьабулел. ГурхIундай лъаларо, гьезда ракI бухIундай лъаларо, сундаса батаниги, кIудияб гъира бихьула цо – цо чагIазул гIисиназул  «ургъел гьабиялъе». Рокъор ругел жидерго лъималазул ургъел гьаби абуни кIочонги тун…   
   МагIарул лебалал васазул гьунар тIокIлъиги жеги камун гьечIо нилъ. Гьел нилъеда рихьула Сидней-Пекиназдаса байбихьун рекордал росун ВатIаналъул цIар борхулелги, гьелда бащадго гIадин къватIахъ ясазул, загIипазул, херал кIодолъарал чагIазул телефонал рахъулелги, шагьаралъул рахъ – рахъалда милицияцин гIенеккичIого рагъал гьарулелги, хIатта мажгиталдасацин хьитал рикъулелги.  Щибха гьабилеб, абиги  буго къурав чиясул дунял гурилан гьаб.
   МагIарул халкъалъул цоги аби буго «лъимадул гали мерхьун гьелъул хал гьабизе кколилан» абураб. Дие бокьилаан нилъер умумуца гьеб абиги кIочон течIого жидер лъимазул кидаго хал гьабизе. Лъида гьикъаниги гьес жинца квешаб жо гьабулеб бугилан абиларо. Лъимаца гьабулеб жо гьезда жинда гьикъичIого, «кигIан кIудияб захIмат бугониги», цо хадур рахъун балагьизеги бегьула. КIочон тезе кколаро лъимаца рукъалъул цIар борхизеги бегьулеб гIадин, гьелда гIаксабго гьабизеги бегьулеблъи, цо кигIан ругониги бусурбаналги нилъ ругелъул. Хасго гьаб рахъалъул ясазда бараб жо гIемераб букIин ракIалдаса бахъизе бегьуларо…
 Аллагьас цIунаги нилъ гьаб кIочон таралдаса ва Аллагьас яхI гъеги щивавго чиясда бусурбаназе гьукъарабшинаб тезе ва тIадабшинаб гьабизе. Амин!



Аварский Культурно-Просветителький портал "Вацлъи", сайт http://maarulal.ru/