Дир классцоял

Сеймур Ханаев
Дир классцоял

Цо мехалъ гIисинал хизан роа ниж,
Школул махIлану туншал роа ниж,
Дард гьеал роа ниж, «гIадал» роа ниж,
Цадахъ цIалрал лъимал, дир классцоял.

Иццалъул лъим гIадин рорлал роа ниж,
Цожи цадахъ гьеал дир классцоял.
Ихлъул тIеял гIадин тIегьрал роа ниж,
Чичзаса бикьалърал дир классцоял.

Цо жолъул дард гьеал, мураз гIемерал,
РакIал роа нижер ралъад гIадинал.
Цоялги саяхал, цоял гипилал,
Данжу рикIидлъирал дир классцоял.

Гьиинаб хаялгIан хутIзина нижей
Партиящда нахъса чIун роърал мехал.
Цожи руссануру цадахъ цIелдерал
ГIумрул дал рищугу берцинал мехал.

2005 сон МахIачхъала