БетIергьан, тIаса лъугьа

Сеймур Ханаев
БетIергьан, тIаса лъугьа…


Я Рабби, тIаса лъугьа, тIолго дир гъалатIазухъ.
РахIму гьабе, гурхIа Мун дур загIипав лагъасда.
Мун гурев цойгидасде сажда дир гьечIониги,
Гьаруна гъалатIалги, шайтIан-илбисалъ гуккун.

БетIергьан, гIазаб кьоге, тIаса лъугьа дида Мун,
Дий бадибчIвай гьабуге кIиябго дунялалда.
Дунялалъул нигIматаз дун асир гьавунилан,
Аллагь, къотIун восуге, Аллагь, дий рахIму гьабе.

Дунги загIипав инсан, Дуца вижарав Дур лагъ,
Дир загIипав вукIиналъ, дун гуккулев шайтIаналъ.
Амма БетIерагьан Аллагь, дир даимаб калима
Лаиллагьа илалагь МухIамад расулиллагь.

Я хIалкIолев Халикъав, дий дагьаб кумек гьабе.
Бихьизе гьабе дида битIараб нух ракьалда.
Дун шайтIаби-женазул бодул малакь кканиги,
Камилав, дуца цIуне, я РахIим, дуца цIуне.

Дир гъалатIал гIемерал, дир гIузраби гIемерал,
ГIумруялъул нухда дир хIетIе кьуркъи гIемераб.
Амма Дудеги вуссун, дун гьари балев вуго,
БетIергьан тIаса лъугьа, дир Аллагь, тIаса лъугьа.

Гьабуралъухъ пашманлъун, гьабуралъ керен унтун,
Квералги дуде рорхун дица гьарулеб буго;
БетIергьан, тIаса лъугьа, я Рабби, тIаса лъугьа,
Я Аллагь, тIаса лъугьа, гьал дир гъалатIаздасан.

                20.02.20I0 с./ МахIачхъала.