Аслиян ссудула ссун бахъаяб ракI...

Махмуд Хъахабросолъа
Аслиян ссудула ссун бахъаяб ракI...

 

Аслиян ссудула ссун бахъаяб ракI,
Сипат гьабичIого кинан вукIинев.
Лъимлъун тIун гIодула гIаданир берал,
ГIибарат хъвачIого чIезе кин кIвелеб?

ЧIухIдае хIетI бахъе, хIасрат дие те,
ХIисаб духъан бугин аб дунялалъул.
Дурго форма ретIе,тIадагьлъи гьабе,
ТIад дун вакъван тезе къварилъиялда.

Къоял цIикIкIун тани цIаялъ вухIизе,
ЦIваки гьумералъул,гьайбатлъи чорхол.
Чалухлъи лъарабгIан лъай дир босизе,
Берцинлъи кьунсрузул, кьер дур гъалазул.

Кьерилал гIодизе,дун гIадаллъизе.
ГIищкъу буго бекьун дур гIанабазда.
ГIадамал угьдизе,дун гьалаглъизе,
Гьава буго бессун дур сипаталда.

Сунда мун релълъуней,рогьалил канлъи,
Кибего щущалеб гвангъун щвараб бакъ.
Щиб сипат гьабилеб дур гьумералъул,
Бащалъул сордоялъ щолеб шагьри моцI.

ШигIрул кагьанаталъ куц дур босана,
Киса анищазе инсанасе рес.
СутIуралги рехсон хиралъи хъвазе,
Халкъалда хIал кIвелищ хIикмат бицине.

Байтул магIмуралде ГIайнаил рилълъин,
ГIарз кьунани,бикье дида тIаса хIал.
ХIажрул-асвадалде саманияб хIинчI,
ХIасрат бицун танин,тоге дун гьадин.

Куралазул ахакь ахIдолеб гагу,
Габур сверун къвал бай,къосунев вугин.
Къайсарил румазда ругьунаб гIанса,
ГIанаби дихъе кье, кьвагьулев вугин.

Гьиндгун ГIиракъалда ГIазрат ракьалда,
ГIайнаъ йокьуларел кьерилал ругищ?
Гьури щвараб мехалъ Саудиязул,
Дуда сагьвиллъичIеб наслу батилищ?

Батулгин Загьратил сагьвиллъи бихьун,
Загьраан цIар тезе цIала гьинал ракI.
Гьиндил къавлуялда къагIида релълъун,
КъутIбуян цIар тезе къадар хъван буго.

Балеб как лъалаго,кодоб щиб щолеб,
Щун мун ракIалдегун щущала керен.
Гьабун тIагIаталъул тIокIлъи букIунищ,
ТIолго мун рехсечIеб сипат гьечIелъул.

СугIадихъ угьдулеб хIухьалил хьухьаз,
Зодил атIрапазда тIад накIкIлъун буго.
НухIил гама чIараб Къапалъул мегIер,
МоцIрол цIваки буго цIер гIадин бакъван.

ЦIаралъ чи угьдулеб гьиндалзул бурутI,
Баче цо дирги квер кепал гьаризе.
Гьава сверун унеб сурмияб микки,
Сабру кин гьабилеб гьадин мун чIани?

Зодил палакалда куцарал лугбал,
Киса дур гIадинаб гIибрат букIунеб.
ГIаршул-мамлакалде Билкъисил рилълъин,
КъагIида дуралда релълъун букIинищ?

Гьаваяб каламалъ, кепаб рагIиялъ,
Киса гIакълуялда гIадан хутIулев?
Хирияб жавабалъ берзул нур босун,
Бицине мацI лъалев инсан теларо.

Аллагьас ракьалде кьураб берцинлъи,
Кьун буго беразе,балагьун рихье.
Бичас нигIмат бикьун щвараб паялъул,
Щвемещалде буссун бихьула дуда.

Баке лампа чирахъ,чурхъанин гIакълу,
Чи гьечIеб мех цIехе,цIвакун йигин мун.
ЦIале гIажам кагъат керен чучизе,
Кинида йикIадго букIанин рокъи.

БукIкIе хIатIил роси,хIежалъул жайран,
ХIажул акбар бугин кодоб щварасе.
Кинабго къагIида къанин дир рекIелъ,
Къирарлъи дуй бугин къиралазда гъорлъ.

Тирун мугъ буссун чIа,ссиялда хьваде,
Сабру бугев гIадан гIемер гьечIелъул.
Такъваялда хIалтIе, хIасрат бикьун кье,
ХIатта рухI босизе бугин ихтияр.

Алафа-харж гьечIев,хиялаз чIварав
Холев дидагIаги  гурхIилародай?
Дуего мунго гIун инжит гьавеян
Инжил-тавраталда тасдикъ батунищ?

Бакараб каналда,канаб моцIалда,
Кисаго релълъарай мун лъие щолей?
Щвараб шамсуялда,бакъул нуралда,
Нудил гвангъиялда кIал лъица чIвалеб.

Лъала,берал руго рецIцIун тIагIунел,
ТIабгI рекъарай къутIбу къватIий лъугьиндал.
Кидаго каранзул угьи къотIичIо,
Я къадру хвайилан,я къанал чIваян.

ЧIегIераб дуниял диего щайзе,
Щвелародай Билкъис ахирги дие.
Сурун буго росу, кинан вукIинев,
Камилай гьудулалъ гьадин таралъул.