Баккараб моцIролгIан цIар бугел лугбахъ...

Махмуд Хъахабросолъа
Баккараб моцIролгIан цIар бугел лугбахъ...

 

Баккараб моцIролгIан цIар бугел лугбахъ
ЦIерлъун рухI биараб хIухьел угьизин.
Зодихье бакъул нур бикъараб чорхохъ.
Чапун ракI тIагIараб магIил гIор тIезин...

МугIрузул тIегь цIцIулеб цIар берцинаб най,
ЦIар дур къотIиларо къварилъигун ракI.
Къирбарас бакулеб карасный панар,
Кинабго халкъ буго бакъвалеб мунан.

Кьунсруда кьер гьабе, кьенсер -бер къачIай,
КъвакIан мугъ бекилин, керен цIородил.
Курмул цIутIизаре, цIан лага биччай,
ЦIидалъ матIу гIадин тIокIлъилебин черх.

Чабхида кьурдулеб кьурдал гIамирко,
Рукьбал кьварун руго рокьул цIадуца.
Кьер берцинаб хIанчIил хIули канчIаб тIинчI,
ТIул ссун жаниб буго жендилеб дур цIар.

ЦIорол рагъабахъе гъунулеб микки,
Дур гъуниялъ буго дида гъаргъар бан.
Гъулдулъан къотIулеб къапалъул гIанса,
Къоги сордолъула росулъ гьечIони.

Гьиндалъул къирарас къачIараб чалу,
Чорхол къуват хвана дур къагIидаялъ,
Къубайсалъул мокърукь меседил накъищ,
Нусго яс кьуниги цо яс кьеларо.

БецIцIулин гьинал ракI, ракIалъул гьудул,
КIалъайги гьабуге гьаглъарай дида.
Гьалдолеб дир зигьну, зодил малаик,
Зазилъе ккарай дун квер ккун нахъе цIай.

БацIцIинчIони цIорол цIар букIунаро,
ЦIикIкIун къоял ана къвал дудаги бан.
КъачIани матIудул тIокIлъула канлъи,
ТIад бугеб кьер хвана кьалде черх ккедал.

Чапараб меседил дир керемалда,
Квешал къоял чIана къоркъол квачIал ран.
КъотIун маргъалалъул гъураб гьурмада
Гъараде кьабгIелеб кьурул руз буго.

 - МугIрул тIегь чучулеб чараб гормендо,
Чан сон инеб бугеб чIегIер духъги бан.
ГIалхул чан бакъвалеб къажар пулуша,
КъвакIан мугъ бекула,киве щваниги.

Щобде лачен чIвалеб чIухIараб рилълъин,
ЧIван ракьулъ лъезегIан къор гъела дуе.
ГъалбацI сагьвиллъулеб сагIдияб нодо,
Сордо рогьунаро дур рагьде щвечIеб.

Рогьалил канаб цIва,цIорол гарафин,
Росасе мун индал унтана дир ракI.
ЦIад байдал чIараб нур,бечIчIун тIураб рахь,
Рукъилан къачIайдал,чIунтана керен.

Чайдул цIар букIуна чакар цIикIкIани,
Чанил суратлъила рос ватIалъани.
Лъарда бараб полоп бикьа-биххулин,
Халат хIебтIиладай хIатIида рохьен?

Каранда,цIилада цIа лъун дунги тун,
Дуй цIулал щурун щай, мухь кьун босизе.
Мунин тIад вакъвачIев къирарги гьечIин,
Беке щагIил гIеретI щуго бакIалъан!

Биараб гьацIдалги цIар кIочон тарал,
КIутIби басралъана,салдатас кIал чIван.
ЧIалгIен чучиялъе чи валагьулеб,
Чаргъедо басандун,сурана нодо.

НагIли-маржаналъул жавгьаргIан тIокIаб,
Женалъ кIутIби хъвайдал,хъублъана щекъер.
Шамахалъул чиллай-чухтIинир гъалал,
Чурхъула гIужрукъалъ,къвал бан тIаде цIан.

ЦIорол фабрикахъе хъахIчараб чини,
ЧIаго йикIин гIела,гIайиб чIваларо.

ГIусмани тукада тамахаб квасквас,
Киса ал ясазе рес дуде щвезе.
Ширвани Казимил кагътиде аят,
Турулеб каранда квергIаги бахъе.

КагIбаялъул къеда къуръаналъул хатI,
Къаникь вукъилалде къвалниги жеме!
Жавгьаралъ гвангъулеб алжан кинигин,
Дур нуралъ къалъула къулгIадухъ ясал.

Къаде зобалаби бакъуца гIадин,
КъватIий мун яхъани,тIибитIула нур.
ТIадго тарих хъвараб туркмени месед,
Сардил макьуялде кьаллъун вуго дун.

ТIаде бихьулареб,тIулалъ хьвадулеб,
Хьухьлъун буго дир ракI, духъ свердун свакан.
Ссилъун рокьи хIехьон,рухIлъун балай кьун,
КьогIаб гIазаб буго гIумруялъ дие.

ГIалхул хIайваналда хIетI бухьарай дун,
Дихъ хIасрат бергьараб хIисаб щиб, васав?
Щобил чаларчаялъ чорхол би цIурай,
Керенищ дир къалеб, къвалищ жемилеб?

Жундузул гIипритгун гIадада хварай,
Хвела дурги къадру дунгин рекъани.
Къуркъбузул инарал аскIой ячарай,
Чилъи гуро дурги дида гаргади.

Дунял бихиларищ, хирияй гьудул,
Халатал лугбуда бугьтанал лъуни.
Гьава цIорон, цIад бан, роцIцIинаро зоб,
ЦIорол хIубиялда хIарщул тIанкI лъуни.

ХIижаз улкаялде Карамил Асли,
Киса мун херлъулей,халкъ тIагIаниги!
Хайдакъ-Шумцуялде Шагьсанам бика,
Шагьри моцI тIерхьинищ хьухьикьан унеб.

Бараб гIазуялде гIинтIул тIегьалъул,
Гьурмал гвангъи щварай, мун дие щвелищ?
БацIцIадаб чинигIан чорхол гьан хъахIай,
Хъвазе гIайиб буго мун гIадамасда.

ГIолилал кьерараб,кьерилал хвараб,
Хварал рухIал рачIун хIохьел угьарай,
ХIавраал гIажизай,ГIайнаъ гIодарай,
ГIураб давла буго духъ балагьиги.

 - Дида мун рагIана, гIалхул церилан,
Бицунги унареб,ургьибе лълъунеб.
Гьанже дур рагIуца гIолил ясазул,
Рас-расго хIулана хIерен кIалъаялъ.
КIоларин йорхизе, бицунге дие,
Дур гIарз къотIуларо къоролзабаца.

Балагьизе инсан,кIалъазе илбис,
Босана дуца цIар цIуял жалазул,
ЦIар ахIизе ражул,божизе борохь,
Бихьуге дирги хIал,хIайран бугин ракI.

ХIеренаб гьан кванан,канал берал цIцIун,
Киведай ворчIила,чIалгIиндал дун тун.
ЧIурканал лугбазул лазатги босун,
Батила цойги нух, хиял гьабураб.

 - Хвайги чохьол эбел,чини сурахIи,
Мунгин чучун хадув,чигун кIалъани.
РекIаги дида цIа,цIодораб хIара,
ЦIуничIони къадру,къвал дудаги бан.

БицанагIан хабар,борцанагIан ххам,
Халат гьабичIого,гьуинлъизе те.
ЛъилъанагIан хурзал,хханагIан хурдул,
ХутIилин ругелъур,баче цо-цо квер!

 - Кинан дун чIаниги,чIечIин мун гьанже,
ЧIараб ралъдал лъимгIан гIодове виччай.
ЧIчIел духъ тани гурей,течIин дуца дун,
Тоге къватIиб лъазе, къвалбан вегарав.

Рохьил чан гъурулеб гъулдузул лачен,
Дирги ракI гьалдана гьанже мунилан.
Гьавадул ракI гъураб, гъарадул гъалбацI,
ГIадан лъалелдего лъарав ани мун...