Балагье, гIинтIаме, гIазизай гьудул

Махмуд Хъахабросолъа
Балагье, гIинтIаме, гIазизай гьудул…
 

Балагье, гIинтIаме, гIазизай гьудул,
МагIу тIагIун, би тIун гIодулеб рекIехъ.
ГIайиб гьабичIого гIенекке гьалмагъ,
НакIкIлъун хIухьел лълъвараб хIайранаб рекIехъ.
 
Халкъалда нур балеб зодил багIар бакъ,
Къоги сордолъула росулъ гьечIони.
Самаалъул агьлу гвангъулеб бадру,
Бугеб хIал бицани кин гурхIуларей?

МугIрузда гIунсбузул гIамал бикъараб,
Къиматаб черх буго чундузул буртIил.
Чабхилъ гIамиркодул куцан гьарурал,
Кепал лугбал руго дир йокьулелъул.
 
Кьурул кIветIикь чIараб рузлъун ахIдолев,
Адин дун танани, талихIищ кьолеб?
Щобда боржанхъулеб хIинчIлъун свердулев,
Ссийищ борхалъулеб, хваян дун тани?
 
Халкъалъго бицунеб берцинлъи буго,
КухIлу бахинчIого, каржум хъвачIого.
Кавказ паналъараб лъай - гIакълу лълъвана,
Ригьде яхиналде, гIужде щвелалде.
 
РетIунеб ретIелан унеб рилълъинан,
Алжанул хIавраан хIайранлъула ракI.
ХIерен гьабун кIалъай кIалул пасахIат!
ХIабсат йигин абун уна бакъгин моцI.

Лъидехун бикьилеб дур бицун ургъел,
Дур къадру лъалев чи чан вугев росулъ?
Чучизе кIоларо чияде керен,
Кинан яхI гьабилеб вухIулеб цIадав?

ЦIулал киниялда мул куцанилан,
Кинан бицаниги божуларо дун.
Керен кIалдиб чIвазе кодой йосарай,
Яс мунан абуни,босула гIакълу.

 ГIисал инжилалъул аят босараб,
Басма буго рагIи,магIна бичIчIани,
Мусал тавраталъул лугъат бахъараб.
Дафтар буго калам,цIализе лъани.

ЦIорол матIу лълъуна,нишадур хъвани,
Гъорлъан канлъи бихьи кинаб гIаламат?
Кинан бицаниги дурго черх буго,
Чара хвараб диде рагIад гьабулеб.

ГIажаиблъи, хIатIил тIадагьаб роси,
ТIогьода найилгIан гIодоб хъваларо.
ГIалам хIайранлъулеб хIадураб рилълъин,
ХIутI-хъумур бахъуна духъ балагьизе.
 
Гьаваялда накIкIул ихтияр-кверщел,
Кинан гьабуниги,гьорохъ букIуна.
Гьанже ясахъ бугеб берцинлъи-чIухIи,
ЧIалгIун,гIодой рехун,духъан щун буго.

Щибилеб черхалда чара хун хадуб,
Чармил гудразулцин гуч гIолеб гьечIо.
ГIайиб кин гьабилеб гьинал рекIеде,
Дур пикру гьабурав гьаглъулин инсан.

 СубхIаналлагь хIусну,хIисаб гьабуни,
ХIара месед буго биун бахъараб.
Огь,дур логол санил сима-тIабигIат,
ТIолго жавгьар буго,жубан гьабураб.

 Гьиндустан кагътида катибас хъвараб,
Кавказул Халкъаил къец ккарал кьунсрул.
Къарби азалидал къачIан рищарал,
Къиматаб черхалда гьурщарал гъалал.

Къалъуда бакъулгIан къадру камилаб,
Кибго бицен бугеб берцинаб нодо.
Бадру хIарамалда хIавраалълъе ун,
Гьезулгун хисараб сах бугеб гьумер.

Гьаваялда лочнол чара тIагIарал,
Чапун дир рухI арал хIасратал берал.
ХIижаз улкаялда кибго цIар араб,
ЦIорол матIу гIадаб тIеренаб мегIер.

ТIогьода найилгIан гIищкъу щущарал,
Дун вакъвазавурал варакъул гIанал.
ГIарцул кайпигатахъ кагьру-маргъалул,
ГIусмани къубдуца къотIарал цаби.

КъустIантIин шагьасул  ахикь жагагIан,
Жаваб-суалалъе лазатаб кIветI-кIал.
Сверун гъоркье-тIаде загьру тIинкIараб,
Зодил цIва гIадинаб цIвакараб нилъу.

Нил гIурулъ къокъунеб къункърадул гIадаб,
Къула-йорхиялъулъ борхараб габур.
Гуржистан чинидул чапун гьабураб,
Чангияс бицунеб берцинаб щекъер.

Щобазул бутIрузда рогьалил бакъулъ,
Къадру бащалъарал къвакIарал курмул.
Кагътида хIебтIулеб,къалмил хIалкIолеб,
ХIисабалда гьечIо дур сурат бижун.

Живго рахIман гурес сипат гьабизе,
Сси нахъе хутIичIо чIурканаб логол.

Кин хал гьабуниги,гьаб хакъалда гъорлъ,
Дун духъгIан вакъварав къайис рагIичIо.
Къойил бицаниги,берцинлъун гуреб.
Дур бицун гIорцIулев гIаданги гьечIо.

ГIарцул сагIаталда устарзабаца,
ТIад мина биччала,багьа тIокIлъизе.
ТIадегIанав бичас дурги чорхолъе,
Рарал сонал рихьун санагIат тIуна.

ТIулалъ бугеб цIеде тIаде нартги щван,
Щиб мурад тIубайгIан гIенеккун чIелев?
ГIаршгун рахIманасул гурхIел гурони,
Дуе хIелхIелалъул дий пайда гьечIо.