калам гьабизин...

Махмуд Хъахабросолъа
Балагьея,гIадамал,дагьаб калам гьабизин...

 

Балагьея,гIадамал,дагьаб калам гьабизин,
Керемалда боркьараб рокьул коралъул бицун.
Кинацаго гIин тIаме гIайиб чIвазе лъвинчIого,
Лълъар бекараб оцое арай цо гьудулалъул.

ГьитIинаб мехалдаса холев хадув дунги тун,
Тумалъа гьоболасда бана габур сверун къвал.
Ссудулеб дир рекIеда рекIараб цIа лъачIого,
Лъаралълъ букIунеб хIохьол хIанкIрида тIад чIун йиго.

Бакъ-моцIалъул кьер хвезе хасалил накIкI кинигин,
Херал гIурусал гIадал гIадамазул болъ йиго.
ГIурдада тIегь бухIизе тIад кколеб саву гIадин,
ТIаде бачIунеб къавмги къосараб уммат буго.

БагIар-меседил байрахъ хъошил тIохда тIад чIвазе,
ТIагIунищ гIалам бугеб гIадалав дур инсуе?
Аштарханазул чиллай чаргъадида бухьине,
Чигойищ данделъичIев дур тухум-кьибилалда.

Дуда гIайибал гьарун гьечIо абулеб рагIи,
Эбел йиго дий йокьун кьурса эхе рехизе.
Кьуралъуе яс унеб умумузул нухлъидал,
Абун вачIарасул черх чармил букIун батила!

Туркменалда бессараб сурмияб дараялъул,
Дабгъил росониб чурун,чара бухIун гьечIодай?
Черхалда тIад кьурдулеб кьерал лъугьунеб ретIел,
Гьорол къоялъ къеда бан,къагIидаго кколаро.

Къиралзабаз бакулеб лампа бекаралдаса,
Рас течIого канлъи ун,кинабго халкъ бецIлъана.
Хункарасул чинидул чайникIалъул кIал тIедал,
ТIаде бачIунеб къукъа къватIисаги тIагIана.

ТIолго бода цIар араб цIоралъул чадиралъул,
Чармил бутIал гъуридал гъаргъар бана черхалда.
Чундузул ракI бахъараб  нухъил кваркьи хIулидал,
ХIайванал зигардула,зобалазде ралагьун.

Гьанжеги бетIергьанас росдае хур бачIани,
Хварав чи вахъинеги нахъе къалеб жо гуро.
Къоркъоца тIавус чIвайдал тIун инчIони дуниял,
ТIокIав балагьичIого, гьаваялде воржина.

Дагъистан гъаримлъараб гъал багIараб гIамирко,
ГIалхул гьойца батула гьвел цIибиллъун цIацIалеб.
ЦIцIадае гаргадулеб гочин берцинаб гигу,
Борхьил кIалдиб бихьула хьонлъул херлъун кваналеб.

Курсалда басандулеб берал варакъул мокъокъ,
Къвалзукьа чараб чудкил чахьикь гIодоб чIун буго.
ГIамбаралъул тIугьдулъан гьоцIо цIцIулеб тIинчIаб най,
ТIад букIун гIужрукъица буго бакъвазабулеб.

Барзахалда букIунеб кIаркьен багIараб соно,
Салдатасе бичигIан гIуруе щай биччачIеб.
ЧIухIарал пачазабаз чаялъе тараб лимон,
РагIил кIалтIа лъечIого, лъаралъе щай рехичIеб?

ЧIухIараб лаченилан чан гьабулей дир гьудул,
Черхалда хIули гьечIеб хIелкиде юссун йиго.
ХIежалъул итаркIоян кIичI битIарай рекIел тIегь,
ТIил гIадаб гозоялъул залимаб руз ккун йиго.

Зодихъ къункъраби чIвалеб къвекIаб цIуман цIарги тун,
Къверкъцин кодой щолареб куркьбалхъахI босун буго.
Хъархъилъ чанго толареб тайлан-хъарчигъайилан,
ГъадилгIан гьунар гьечIеб гьоролгвенд хьихьун йиго.

Гьиндгин ТIайбаталдаса тIурараб бартийилан,
ТIокIгIусаз хIалакълъараб хIамикIерт батугеги.
ХIижазиял чуязул чабхъадул айгъирилан,
Гъугъдулъ чвалха гIолареб чIваднил ябуцин гурищ!

Румазул хан Къайсарил къадру тIокIаб бисилан,
Къандалъо наккдал кунеб басиялда релълъуна.
Ралъдалъан цIакъ хьвадулеб цIадул гамайин абун,
ЦIулцин тамахаб гьадил хвараб раса гуродай?

Ханзабаца гьекъолеб гьацIул жадул лълъарилан,
ЛъугьинчIеб бакъвачIагIдал гIертIида кIал чIван йиго.
ЧIухIараз кверда балеб Кутаис зинбилилан,
Зоб гIадаб тIинуялъул тIолго гьегь баччун буго.

Базаралда хирияб хамида бер гIечIого,
Манжури тайпайилан турараб боз ккун буго.
Типлис магазиналъул <Зингерилан> цIарги лъун,
ЦIухIамил гъалдиралда дарай бигъулей йиго.

ДунгIан гьагав инсанги гьавичIин эбелалъго,
Дида бихьулеб канлъи дуда щай бихьулареб?
Щибго гIакълудул бутIа бугеб бетIер дир гурин,
Дунни балагьиларо бегьулареб жоялде.

Жеги духъ керен бухIун,квенцин кIочонги буго,
ЧучичIо ячаралде дур гуреб цIаралдалъун.
ЦIуял жални росолъги ратизеги бегьула!
Бихъун уна гьинал ракI,мун гурелда кIалъани.

Лъеберго лъимер гьабун,нусгоясе аниги,
Алжаналъул мусудул дуда бащалъиларо.
Щибаб сардие къинлъун,къойилго йиччаниги,
КIадру дуда бащадай йижичIо яс Аллагьас.

Аб дир бицунеб рагIул магIна дуда лъачIони,
Лъайгин гIакълу бугелда гьикъе мекъса бугищан.
Абулел жавабазда жеги хадуй гъечIони,
Дуйго хIилла ургъарай эбелалдаги гьикъе.

Къалъуда бакъ ккунани, бакъанида биччала,
Йиччан теян къацанде къанабазукь вукъадгин.
Буссунареб ругънаде бухIизе загьру бала,
Загьру жубан квен-жо кье керен ракьда цудие.

Цараца, хIилла гьабун,гьаби гъоркье реххулин,
Гъоркь тIамулеб бусада,мусру жемун, жанив лъе.
Жундузул махI бергьани,гьаглъунилан махх бала,
Холев вугин росилан росулъ лъугьун ричIчI бакке.

Черхалъул гьан тамахаб тахта хъахIаб хъурайсин,
Хъархъилъан баккун тезе тухумалда чи гьечIищ?
Гьурмада бугеб кьералъ кьуру гвангъараб микки,
Ккураб гьинил кIичIида гьабулеб жо лъаларо.

Лъаралъ бугеб гъотIол пихъ гъоркье жо ккун бетIула,
ЯтIалъизе йокьани,вокьулев кьварарав ккве.
Кьалда вугев багьадур рухI бичун чабхад уна,
Чилъи бугев гьудулас гьединан мун теларо.