Бераз магIу тIураб, тIул-ракI бухIараб...

Махмуд Хъахабросолъа
Бераз магIу тIураб, тIул-ракI бухIараб...

 

Бераз магIу тIураб, тIул-ракI бухIараб,
ТIинго ккараб рокьул хабар бицинин.
РекIел чара хвараб, чорхол яхI хвараб,
Халилат рехсараб сипат гьабизин.

Cипат-аят тIокIаб, тIадагьаб чорхохъ,
ТIад цIа бакун буго,бихьичIониги.
Хьухьикьан борчIараб бакъ гIадаб логохъ,
Роркьун ругин корал каранда жанир.

Росулъ цIар инилан,цIоралъул булбул,
ЦIерлъун вианиги,угьун вукIинчIо.
ЦIердал матIу,дуда тIанкI лъелебилан,
ТIад гьан бакъваниги къватIив чучичIо.

Кинабго хIарпалда хIохьлал накIкIги лъун,
ХIава гурхIиледухъ хъвана рисалат.
ХIаракалъе игIраб магIицаги хъван,
Адам угьдиледухъ,угьула хIухьел.

Зодил тIайпусалъул тIанчIилъ къацандун,
Къадру борхалъарай ханасул бика.
Билал пастIанисан тIогьол нур босун,
Гьурмал цIик цIвакарай цIердал сурахIи.

Дуда къвал барасда къоно чIвачIони,
КъачIан буго мусру,босе хабалъе.
Къвал бан мун чучарав чи нахъе тани,
НусцIул рухI бичила цохIо минуталъ.

ХIaжрул-асвадалъул хIинчIилан абун,
ХIарщул борохь буго босун гьудулалъ.
Гьудгьудил къамаян къачIараб хIули,
ХIелкил рачI батана дир гьудулалда.

Мунилан гIодилел гIадамалги тун,
ГIаламат, мун кинай, капур жен ккурай.
Кагьру- гIамбаралъул гIорал щолаго,
ГIурул салулъ йиго ега-яхъуней.

НагIли-якъуталъул къимат лъачIого,
КъотIараб пахь буго, рукъ цIун бакIарун.
КъустIантIин меседил къвал цIолебилан,
ЦIулал хведералъул цIун буго таргьа.

ЦIияб накъищ хъвараб хъахI цIорол матIу,
ЦIорокьан лъим баче,чи гIемер вугин.
Чараб гIатIласалъул гIажаибаб туп,
Тела мун ячарас,чара бухIани.

БахIру Къузумалъул тIинуялдасан,
ТIаде жавгьар цIалеб паранг машина.
ЦIорол рукъзабазде мокърукь биччалеб,
Багьа тIадегIанаб, гIурччинаб хирмиз.

ГIелалде квелъ бараб каяб гугьун тай.
Каторжнойлъун лълъвана вижараб росу,
Керемалда расен, меседил мокъокъ,
Бакъги гьурилъана гьинал рекIее.

Гьурмада хатI хъвараб тIогьилаб явлухъ,
TIолго  дунялалъул дуе щвана сси.
Ширван къатIипадул дур чохтIоялъе,
Халкъалъул рецц буго,росдал цIар буго.

Биараб чинидул чергесаб лага,
Чакардай кванала кванил бакIалда.
Чапараб меседил нусабго соналъ,
Кавсардай гьекъана къеч буссиналъе.

Къайигун кинидул къо дур анилан,
Къирал кIалъаниги,ракI дир чIеларо.
Эбелалъул кванчIил куц дур чIанилан,
Катиб ахIданиги инаро эхей.

Гьадин чара хвезе чорхол дирги тун,
Чидалъ мун йикIани,рекIинарищ цIа.
Чилъи хварал къоял рикIкIунев дун тун,
Нухда мун къокъиндал,къина ралъадал.

Къайсар ханасул яс СугIат гIадай мун,
Росулъниги йикIин кIудияб рахIат.
Дуниял тIагIараб цояб рагIалда,
Йигин рагIаниги,гIедегIилаан.

Ингилис читалъул чергес пулуша,
Чундул руго холел дур хиялаца.
Чалабаз къачIараб къажар хъабало,
Хъулбузда таватур тирун буго дур.

Дарай-махмарилан,халкъалда лъачIеб,
КъустIантIин ххам буго ххун махIабазда.
ХIатта,ханзабазда бицен рагIичIеб,
МугIрул тIогьол бугин тIолго махI ратIлил.

Рогьалил хIанчIигун йоржанхъи гурей,
ГIадангун мун кIалъай-кIудияб хIикмат.
ХIажрул-асвадалда аскIой гурого,
Росулъ мун гIодой чIей гIаламат буго.

Тамаша, бетIергьан,батIияб хIара,
ТIокI гьаюн йижизе жийго йитIарай.
ТIадегIанав Аллагь,элъул камиллъи,
Кверщел кьун тIамуни,тIокIай цIвакилищ?

ЦIараб гIарцул лага, гIажаибаб черх,
ГIадан кин лъугьуней кагъатгIан хъахIай.
Кагьру маржан биун,рахъарал гъуждул,
Йижизе рес гьечIо дуда релъун яс.

МоцI бекарал кIутIби,каржинул гьумер,
Кагътал  ина  къец  ккун, къотlизе  хlукму.
Хlанкъва  бахиллъилеб  халатаб  габур,
Гуч  дуда бащадай щийго ятилищ?!

БилбагIарал кIутIби, рахьхъахIал цаби,
ЦохIо мун гьимани,моцIалъ нур чIола.
ЦIвайил тарих хъварал хъахIал гIанаби,
Нусго кьер лъугьуна, балагьун чIани.

Гьиндалъул кавуда казият бугеб,
Кваналеб жо лъалеб гвангъараб щекъер.
Шамалъул гIамирас гIарцуда хъвараб,
Гъорлъан чи вихьулеб бахьинаб щвемещ..

Щобда чIвайдал бакъул нур босаниги,
Босизе кIоларин дуда тIаса бер!
Румазул пачаяс мун ячаниги,
Чан дирги тIеларин,тIубалищ гьедин?