Биараб цIерилан цIар тIибитIараб...

Махмуд Хъахабросолъа
Биараб цIерилан цIар тIибитIараб...

 

Биараб цIерилан цIар тIибитIараб,
ТIадагьаб напсалъе сипат гьабизин.
БечIчIараб рахьалде бахьинлъи щвараб,
Рисалат хъван кьезин хъахIаб гьурмахъе.

ХъахIил зодил бакьулъ догьну бухIараб,
РекIел бил мугьру чIван басинин кагъат.
Капураб гIищкъугин гIасияб рокьул,
ГIор щвана черхалде чараб пинтадухъ.

Гьинал ракI хIайранлъун хIасрат бергьиналъ,
Гьаваялъул чанихъ чапула лугбал.
Балагьун чучизе чорхол зат гуреб,
Ханасул бикаян канлъи ун буго.

Кин сверун лълъваниги сурат лъалареб,
Асли-Ханумилан холев вуго дун.
Халкъалда рагIарай ГIазраъ мунилан,
ГIадан сверун лълъунеб си буго дие.

Салманил тахида тулакаб гьудгьуд,
Гьаналъ босун буго, дур исму дида.
Дагъистан къалъулеб гургинаб къамар,
Биун лугбалъ буго бикьун лъун, дур цIар.

ЦIорол фабрикалда палан бахъараб,
ХъахIаб щвемещалъухъ щущан вуго дун.
Щобил чан гIащикъал гIанабийилан,
ГIакълу босун буго, Самирил гIадин.

ГIадамал хIайранал хIеренал къунщбахъ,
КъвакIан мугъ бекула, пикру гьабуни.
Гьаваялда лачен чапун биарай,
Чорхол пинтаялъухъ гьалула керен.

КагIба рукъил къеда къапгIан чIухIарал,
ЧIегIерал кьунсрузухъ бахъун буго рухI.
Рогьалил цIваялда цIваки релълъараб,
МугIрул сураталъухъ турула керен.

ГIалхул талабазда бакъан гьуинаб,
Гьиндалъул мокъокъан, къан чIоларо черх.
Чакарул гьаналъул гьуинаб рагIухъ,
ГIекколеб тIулалъул тIваркъи букIуна.

ТIеренал килщазул кагьрудал гъуждухъ
Жаниб ракI гьалулеб гьаракь рагIула.
Гьорол хIасрат ккараб хIадураб рилълъин,
ХIутI - хъумур угьдила, дуда бер чIвани.

РоцIараб зодисан цIад балел накIкIал,
Дуде цIар ахIани,хIурлъун тIагIуна.
ТIадагьаб черхалда чангит бан хадуб,
Чияхъе квелъ кьолеб, кин лъачIеб дуда.

Канаб моцI гIадинаб гьурмал кьералда
Къавудал тIанкI лъолеб лъан букIинчIебищ?
Лъараца бачIараб хIехь гIадав росгун
Сордо кин инебан пикру гьабичIищ?

КъватIазул агъузгин ургъел бикьизе,
Рокьи гьабиларин гьедунищ йигей?

- Вабабай гIадамал, аб гIаламат щиб,
ГIадан сабаблъунги букIунеб зулму.
Дуца абичIого дидаго лъалел,
МагIил лъарал гьечIищ халкъ лъалъадулел.

МугIрузул чакъалалъ, къвал бан, данде цIан,
ЦIваки лъугIун буго ал дир лугбазул.
Къасде кьер квещица бусадаги лъун,
Сонал гIемер ана гIазабазулъ дир.

Дагънал тIогьиб чIолеб рачI халатица,
ЧIезе гьукъун йиго, къотIной,унаго.
Къадалъ каратI щвечIеб квещаб къоркъоца,
Каранде къан йиго къулун унедухъ.

Дагъистан урхъараб хъахIаб гьурмада,
Хъазица лъун ругел ругънал рихьулищ?
Хьиндалал гIащикъал гIанабазда тIад,
ГIанхвара букIуна къойил кваналеб.

Квасквасул цер гIадал курмузда гьоркьоб,
Гьод бекаяб хъабан хъепун чIун буго.
Казимил кун гIадал кун гIадал кьунсрулъ,
Кьурул руз букIуна бусенги гьабун.

Бисри хвалчен тIолеб коцониб лъураб,
ТIеренаб могIрода нугI рекIун буго.
ТIагьа расуласул чирахъул босун,
Чинидул гьабураб гьурмал кьер хвана.
ТIагьарасуласул чирахъул босун,
Чинидал гьабураб гьанал кьер хвана.

Кьурарал гъалазул гъадил хIатIица,
ХIарщулъе рехичIеб хутIун гьечIо рас.
Росдал мугъ бекарал маргъалул цаби,
Цигун къеркьелаго рукъун тIагIана

 ГIалимги мукIураб кIиябгоги кIветI,
БагIарлъиги тIагIун тIогьиллъун руго.

 ГIаршалде яхине хIалги кIолаго,
ХIарщулъ гIодой чIарай ГIайнаъ йихьулищ?
Дица гIакълу кьелин кьварун чIа мунго,
Кьурда квер рекIунеб каламги гьабун.

Зодисан цIад къотIун бакъул хIал ккани,
Бичасде ахIи бан хIелхIедула халкъ.
ХвечIого рес гьечIев чIегIерав тушман,
Тоге дир къвалакьан, къойилго ахIе.
КьогIал гIазабалъ къан, къварид чIечIого,
Къадирасде гьарде, гьабе дарманан.

Дунял канаб къамар къан ккун чIанани,
Бичасда ахIи бан хIелхIедулин халкъ.
ХвечIого рес гьечIев чIегIерав тушман,
Тоге дир къвалзукьан, къойилго ахIтIе.
ХIакълъун тавбуялъе тавпикъ кьурав чи,
Толарин РахIимас, гурхIел гьечIого.

ХIалихьат живго тун жендани къватIахъ,
Мунги гIодой чIела гIарцул тахида.
ГIакълу бугел чагIи хIоринир ккани,
КъватIире рахъула, хъатаз лъимги ххан.

Хал гьабун свердани сси щвела дуе,
ХIатIидаса синжир жибго бортулеб.
Дунял ахирлъидал зодое арай,
Загьраъ лъангутIизе , лъимердай мунго?

Лъабабго цIар тIамун тIулбухIадги тун,
ЦIалкIазда гьоркьосан хьваде цIвайилан.

ЦIикIкIун гIумруги ун гIонсоде ккарай,
Зулайхал хабарал рагIичIищ дуда?
Хирияв Юсуп тун, яслъунги лъугьун,
Гьединги гурхIила рахIман чиясда

Чанги хьул къотIарал, къоринир ккарал,
Къвал бан гьудулзабаз къватIир рахъарал.
КъотIи тIубайилан мун тIаделъани,
ТIогьолъ бугеб гIужрукъ гIурдалъе ккела.

ГIадамакьа нечон, чиякьа хIинкъун,
Чанае яхъине нахъа ккана мун.
ЦIуне гьудуллъиги,гьабе рокьиги,
Рокьи ккарас кколин,ккечIел риччалин.

Балагь хIехьечIони, рахIат щоларин,
Щвараб жоги кванан, кидаго чIоге.

КагIба бихьичIони, хIеж тIубаларин,
ТIепун юкъаруге, къватIахъ кьурдуге.
Кьурун мун яхъизе хIал кIвечIонани,
ХIелунги теларо, туманкI щун лъукъад.

-Дирги рагIиялде гIинтIаме цо-цо,
Берзул магIу гъине гъвелдаричIого.
Дицаги бицинин цодагьаб хабар,
Цо-цо дун ягъулеб гъалмагъиралъул.

МугIрузул бис чIвалеб чIeгIераб гъалбацI,
Гъоркьейищ кIанцIилей,цIадайищ лъвиней?
Щобде гъара тIокIаб гъулдузул лачен,
Ракьлъунищ хIурилей,хIурлъунищ иней?

Адамил наслудал лъимерин абун,
Лъалеб жо хIехьолеб хIайван гьаб гурин.
ХIавал эбелалъул умматалъул чи,
Эб сураталъ вижи, божулеб жойищ?

Лъадай яхъаниги,нахъ юссинегIан,
Хъаравул ватула, тарав бакI: бакIалъ.
Хъатикь туманкIги ккун,танкан гIодов чIун,
ГIадангун кIалъани,кIутIун речIчIеян.

КIиябго бер бахъун нухъица адил,
Нахъа жен батула, жеян ахIдолеб.
Даим сураталъухъ дун балагьани,
Ватула сверулев, сурун халкъалда.

Къасде бусадаги ворчIанщинахъе,
ТIад кверал рахъула, яхъун инилан.
Нахъа дунги тIамун, кIалалълъ гурони,
КIусун гIодов чIечIо гIадамалъ жеги.

-Харилъан тIегь цIулеб ЦIоралъул тIинчI на,
ТIолго вухIичIого гьечIин дунгоги.
ЧIурканаб черхалъул хIеренаб хIули,
ХIасрат бергьинчIого бегьилищ дурги?

Дирги каранда ракI,беразул канлъи,
Кодобцин щоларо,щущан ун буго.
Щобил тIарапалда тIогьиб чIараб нур,
ТIатун загьирлъула зобгин ракьалда.

Алжанул хIурулгIин,гIайибни буго,
ГIодоб хIетI хъвачIей мун хIориний ккезе.
Лъураб цIар берцинай,цIердал сурахIи,
Квер хъвазе кIолесе кIудаб баркала.

ХъахIаб кагъат гIадал гIанабазда тIад,
КIал чIван баарасда мунагь хъваладай?
Биун цIорол тIураб тIеренаб лага,
Бекилин хIинкъула,къазе каранде.

Зубаржат бекьарал,рокьул хатI хъварал,
Курмузда бер чIварал,чIванги хвеларо.
Мисри гIанбар жубан жавгьарул гъураб,
Гьурмахъ балагьидал, биххула гIакълу.