Биялъ патихIаян хIухьелги угьун...

Махмуд Хъахабросолъа
Биялъ патихIаян хIухьелги угьун...

 

Биялъ патихIаян хIухьелги угьун,
ХIакъикъат битIилин зодил бакъуде.
Капалъул касраян керенги чучун,
Чорхол сордо кьелин сардил моцIрохъе.
Дур цIар ахIизеги хIал кIоларого
ХIарпул аваладе ахIаби рана,
ХIисаб гьабулаго ракI цIоролелъул
ЦIаралъул ахиран хIапдолев вуго.
БахIлу Къулдумалъул тIиноялдаса
ТIаде жавгьар цIалеб цIорол машина,
ЦIорол минабазде мокърукь биччараб
Багьа тIадегIанаб гIурччинаб минар.
ГIелалде квелъ бараб кепаб гугьун тай,
Каторглъун лъугьана вижараб росу.
Керемалде расен меседил мокъокъ,
Бакъги гьурилъана мун лъаралдаса.
Къун тIагIаги гIорал, тIерхьаги иццал,
ТIинда баккараб тIегь тIун нахъе босе.
ТIири хутIугеги ралъдал тIиналда
Дир тIул-ракI бергьараб жавгьар бихьизе.
Дир рукьбазда жаниб буго рокьул кор,
Кидаго боркьараб, бикьиго гьечIеб.
Гьинал ракI бихьани хьагилан ккола,
Гучалда гьалдеялъ гьогьомулареб.