Боржун унеб хIанчIил хIатIида бухьун

Махмуд Хъахабросолъа
Боржун унеб хIанчIил хIатIида бухьун …

 

Боржун унеб хIанчIил хIатIида бухьун,
Хьиндал кIкIалабахъе хъван ана кагъат.
Куркьбалги тIогьилаб тIалил найида,
ТIад бухьун битIана тIинабго салам

ТIогьол хал гьабула харилъ булбулалъ,
Хиралъи тIокIлъиялъ тIадеги къулун.
ТIокIай мун гурелда цIуяб жойилан,
ЦIар дица ахIичIо, хIакъ батилилан.

ХIажрул-асвадалда убач гьабула,
Мунагь чурулилан черхалда тIасан.
ТIеренал кIутIбузда кIал чIван батани,
КIицIул хIаж тIубала, тIалъичIониги.

Хваразул рухIазе махI букIунилан,
Мискин-пакъирасе садакъа кьола.
Къвал цо дида бани, дурги умумул,
РагьтIе алжан бачIун жанире гъела.

ТIогьол магIданалда гIайиб чIвазени,
МагIарухъги буго гIураб берцинлъи.
ГIурул рагIалалда гъутIбузда гуреб,
ТIегьго баккулилан кколаро дида.

Дунял-гIаламалъул базар-хазина,
Хунзахъе бачIуна бича-хисизе.
Херехь тун тIадехун дирни дармида,
Баракат лъоларо, кин бичаниги.

Рогьел загьирлъулеб заманаялда,
Зодихъ хъахIлъи бала, ралъдалъан баккун.
ХъахIчараб формаялъ дунялги къалъун,
Къасиги бихьула хьиндалазул кIкIал…

Хьухьазде бахараб багIарлъи гуреб,
Бакъги тIерхьун хадуб халкъалде щолеб
Щибго канлъи гьечIо, чIегIерлъи гуреб.
ЧIурканаб дур чорхол гвангъараб нуралъ
ГвангъичIеб бакI гьечIо гьанже ракьалда.

Дир рекIел бокIналъан беролеб кIкIуялъ,
КIкIалабиги бецIлъун цIун гьечIищ дунял.
КIиябго бадиса араб магIица,
Авлахъалги лъалъан, лъаралги руго.

Росу батIиялъуб рокьи ккаразул,
Рукьбал риунилан абиги буго.
Рукьбални щиб гурин, щуакIдулги руго,
Щибаб логодаса батIалъун тIагIун.

ГIалим-гIакъиласул къавлу букIуна,
КъватIиб чан гьабуни, чи гьаглъулилан.
Гьаглъунги хутIичIо, хаганги вуго,
Харилъе тIегь гIадин, тIад гьанги бакъван.
Гьавадул чIораца чIвана дирни черх!

Чорхол чIурканлъуе харж хъвалебани,
Хункар-пачаясул чин щвелаан дуй,
Узданал лугбазе килас кьунани,
Кавалер йикIина мун рекIаразулъ.

КIалдиб биун уна кIиябго гIоно,
КIутIби тIад цуниги, цаби хъвачIого.
Хъурун бараб чакар чайдулъ гIадинан,
Чи кIалъазе лълъвингун, чапула берал.

ЛълъвинчIо гIолилазулъ,чIечIо ясазулъ,
Санал дур гIадинал,гIарцул тIуниги.
ТIечIо халипабахъ,чIвачIо коцода,
Курмул,дур гIадинал,ГIунайзатилги.

Зодил тIарапалде тIавусан ккола,
ТIохда свердулелъул ссилияб лага.
Сахратулагьалде гагудул гуреб,
Дур горбол цIавуцIцIин цIикIкIараб буго.

ЦIорол матIуялъул тIокъ бан гьабураб,
Гьумеран бакъ буго рукъ бухIаялъул.
Бахьин гIарацалде биун маргъал тIун,
Нодоян цIар буго моцIрода лъураб.

МугIрул цIваки,гвангъи,цIвайилан ккола,
ЦIалкIада гьоркьосан къватIиб борчIараб.
Къунщбахъ балагьани,берзул нур инчIев,
Инсан вихьуларо канлъи-лъай бугев.

Гъалал рихьиларо бахьи гьечIесда,
Гъурун тIатIала ккун,халкъ тIагIаниги.
Халикъас кьовухъе кьер дур бихьани,
Кьвагьун,зобал,ракьал данд кьабгIилаан.

Кьунан инсаналъги гьеб кин хIехьолеб,
Дурго хIурмат гьабун хIебтIун гурого.

Рии гьаланагIан гьогьен букIуна,
Гьудайнат яхунеб борхатаб гохIда.
Хасел цIоронагIан цIикIкIуна канлъи,
ЦIар берцин тIад чIолеб тIохил рагIалда.

ГIалхул чанил буго черхалъ гIамал ккун,
Мунгун чучичIого чи вокьуларо.
Кьурабалъ руз гIадин,гIадамаздаса,
БатIаго вукIуна,ракIги дуда лъун.

Мунни дир рагIуде киса регIулей,
РагIадги гIелаан угьун чучизе.
Чидар хабаралде дур хал щвеларо,
Дие хабаралъе женгIаги битIе.

Жибрилас кверги ккун КагIба бихьаяй,
Кинаб къавлугIаги дуе рекъолеб?
Къвал бан хIурулгIингун ГIаршалде аяй,
Угьизе кIвеларищ кIалзул цо хIухьел?

КIиго,лъабго соналъ лъазе течIого,
Тун букIанин жаниб жендолеб рокьи.
Рукьбалги гьалидал,гьанги чапидал,
Гьанжени толеб бакI батичIо дида.

Балай-гIищкъуялъул къец гьабулаго,
Гьалде гIумру ккейгIан гIодов чIечIин дун.
Дирго ияхI хведал,хIалги бергьиндал,
Гьарун вачIун вугин,чIвай бокьанани.

ЧIурканлъи,камиллъи,чIухIи кодосей,
Кибе гIарз бахъилеб духъе гурого.
Дунялалъулги хан,халкъалъулги бакъ,
БитIун гьабе хIукму гьаб диваналъе.

Гьадин гIазабалъулъ гIадамал теян,
ГIараб мацIалъул тIехь бихьанищ дуда?
Духъ гIищкъу ккарав чи къай карандеян,
Къойилго ахIдолеб хIадис гIеларищ?

ГIисал инжилалхIа,хIасратай гьудул,
ХIакъ букIунеб гьечIо къочунан абун.
Къойил тавраталда батула дида,
Балай бергьарасда убач гьабеян.

Бичас дуе кьураб берцинлъиялда,
Гьанже бахиллъани,хвела,бахчила.
Херлъун гIодой ккарай гIажузаталде,
ГIадан вукIинаро кIолев чучизе.

Черхалда бугеб къо,къараб дир талихI,
Дафтаралдаги хъван,нахъе лъун тела.
Нагагь дида гIадин гьаб къварилъиялъ,
Къвал дудаги бани,бихьизабизе.