ГIарапаб къоялъул къалъул гIужалда...

Махмуд Хъахабросолъа
ГIарапаб къоялъул къалъул гIужалда...

 
ГIарапаб къоялъул къалъул гIужалда,
Къокъаб кагъаталде керен чучизин.
Кинабго махлукъат боххараб къоялъ,
Къварид хутIиялъул харбихъ гIинтIаме.

ГIадамазда рихун,росдада сурун,
Росо тейги гIела гIазабни дие!

Рортун гIодор аял гIаданил берал,
ГIелин гьаб къварилъи,русса рукъалде.
Къанабакь тIупаял тIадагьал лугби,
ТIокIаб бихьизе жо бугищ нужеда?

БукIараб боцIуда цIарги тIамунин,
ЦIорол хъалаялъул хъергъу сабаблъун.
ХъахIилаб зоб гIадаб мулк-ракьги танин,
Турунищ нуж холел,хиялал тани?...

Хайбаралъул тIохда тIегьлъун йижарай,
Жайран Ханумилан холеб буго ракI!

Хасало гIурул лъим гIетIуларилан,
ГIадамазул аби уяб жо буго...
Риидал иццалда цIер чIвалин абун,
ЦIаларал чагIазул рагIичIо бицен.

Бицун абуралда божуларо ракI,
БикIун накъищ хъвазе къуват дир гьечIо.
Къалмица хъваниги хал гьабуларо,
Гьаваялде воржа бажарун хадуб.

Дирго гIайибали гIодоб телаан,
ГIадамалги руго риунел гьелъухъ.
Дирни чорхол чара хвани щиб бугеб,
Чангиял рихьула хьухь лъун беразда.

Бодулъ гьунар тIокIаб багIараб байрахъ,
ТIул-ракI дирги кванан,кин мун хисарай?...
Хункарас кагътида басунеб печать,
Бицун рагIиялда гIайиб щиб ккараб?

Дуе бокьулареб дир лугбалъ бугеб,
Лага къотIилаан къабуллъиялъе.
Къвал бан чучулаго,мун рекъечIони,
Берал рахъилаан разилъиялъе.

Румазул ханасул хвалчада месед,
Дурги къотIи биххи къадарлъи гурищ?
Къажар пачаясул фабрикахъе цIер,
ЦIар дур гурищ холеб хиянатлъани?

Хунзахъ ГIумаханил БахудегIанги,
Дур рагIуде мугъчIван,чIухIун вукIана.
ЧIалу-хIуби бекун рукъ тIад кканиги,
ТIепун гуреб,рекIел тIезе къасд гьечIо.

ТIолареб гьаваялъ гьан биун бугин,
ГьечIебищ дур къуват дида багъизе?
Къадар гьечIеб гIищкъу щун буго тIаде,
Щиб гьабун лъикIилан кIалъай мун дида.

Дур бицун гIодулел гIалимзаби тун,
ГIаламат,мун кинай, капур жен ккурай.
Къуркъбузул инарал аскIой виччарай,
Чилъи гуро дирги дуда гаргади...

Дур бицун цIоролеб дир кIалдиб мацIалъ,
ЦIар ахIун батула алхIамалъулъги.
Мунилан хIайранаб хIухьел биччани,
ХIайванал угьдила диде балагьун.

Дур ракI сундул бугеб,сурмияб тIайпус,
ТIад цIа  баканагIан боржунин,дун тун.
Жеги дир хIалалъул хIисаб лъачIого,
ЧIалгIаде ватилин тунцин гуродай?

Росасе яс инги умумузул нух,
Адин чи хвайилан халкъалъ абулищ.
Ун нахъ руссунелги росдалго гIадат,
ГIумру дуй бичарав чи вукIун хадуб.

Чаница тIинчI тола тIадаб мех ингун,
Дур болжалго гьечIищ дие гьабураб?
Гьаваялда накIкIул  цо гIуж букIунин,
ГIолеб заман бице гIенеккун чIезе?...

Зодихъ бакъда цебе бачIун чIолин хьухь,
Хьул къотIулеб гьечIо халикъасдасан.
Харилъ тIегь суризе тIад ккола саву,
ТIаде ихдалгIаги биинародай?

Дур керен чучулев кашишасулни,
Керен ссун, ракI бахъун, нахъе лъелаан.
Лъай дир бикъун араб дур гIакълуялъе,
Мекъса ккелин абун хIинкъун гурони.

Къвал дуда жемулеб женни чIвалаан,
ЧIегIер бан, мун къули къабуллъуларо.
КъватIул гьвел тIулалъни тIад цIа лъелаан,
Лъалеб ани дунял дихъе кколеблъи.

БецIаб сордоялъе канаб моцIилан,
БецIаб цIва босана,цIар берцин дица.
ЦIцIадае ахIдолеб гигуян абун,
Гарбил щекI хIулараб хIелеко щвана.

Щобил рагIаллъуда гIамиркойилан,
Кваркьи- милъир гъараб гъеду ккун буго.
Гъулдулъ бакънал пулеб гIансаян абун,
Босун канлъи араб кеторуз буго.

Кидаго сунареб сивечкайилан,
Сунтурги къвалакь ккун,терелей йиго.
Тимар лъикI гьабураб айгъиран абун,
Ургьиб мугъ багьараб ябу чу буго.

РекIунареб цIеде тIаде лъимги тIун,
ЛъикIаб панар баке,канлъи бокьани.
Бакьулъ хIуби чIвачIеб чIобогояб рукъ,
ЧIалгIаде течIого,кьучIдасан биххе!

Дир цо къотIи буго якъинаб дуе,
Дуда къвал бачIони,къаникье ина.
Басараб гъол буго росдада лъалеб,
Мун йосе кIвечIони,кIанцIила цIадай.

ЦIияб рокьи гьабун йокьуларин яс,
Сабаб дур гьечIебищ гьабизе дие?
Дур цIаралъ цIун руго цIцIер гIадин рукьбал,
ЦIцIерлъун виинчIого,йорчIа къватIие.

Къирар сагьвиллъарай,салдар гьаглъарай,
ГьайичIо эбелалъ мун гIадинай яс.
Москов пачаясул чинидал сурат,
Черх сундулдай бугеб дир гьудулалъул?

Нодоялъул цIваки,гарбил цIабуцIцIин,
ЦIорол къотIун лъураб матIуйин ккола.
Къунщбазул рагъари,гъуждузул рекъей,
Гъалазе чиллай ккун кин бащалъулеб!

Щиб гьабилеб,гьудул,гьаб дунялалда,
Дур цIар рехсон гуреб роцIцIунарин ракI!