ГIенеккея калам кин бугояли...

Махмуд Хъахабросолъа
ГIенеккея калам кин бугояли...

 

ГIенеккея калам кин бугояли,
Кепгин санаъ гуро, буго хIакъикъат.
ХIасил жаниб хъвараб гIарзул хIалалъул,
ХIарп тIокIаб лъун гьечIо, тIад бугеб гуреб.

Дир керен чучизе чиги щоларин,
Шагьри- кагъаталде угьизин хIохьел.
ХIакъикъат бицине гьоркьохъан гьечIин,
ГурхIа, чармил къалам, чорхол рухIалда.

Дица гьари бала гьорол каралде,
Гьундухъе бахине нух балагьеян.
Гьарун цеве чIола шагьри-моцIалда,
ЦIорол горду рагьун духъ балагьеян.

Гьури битIизеги тIолго хIинкъула,
Дуда гьогьен хъвани, хъахIлъи хвелилан.
Буюризе бакъде къалев вуго дун,
Дур гьурмада чIвани, чIегIерлъилилан.

Духъилан бежулеб ракIги букIуна,
БокIналъан бухIулеб керенги буго.
Кагъат битIизеги намуслъун вуго,
Нусабго логода цIаги лъун буго.

Мунан хIохьел угьун, ургьиб ракI гьалдон,
Гьавадул хIал буго балайин абун.
Бахъараб цо сурат ссун рекIелъги лъун,
БакIаб гIазаб буго гIищкъуялъ кьолеб.

Бижун буго хIара хIалкIолев бичас,
ХIайван гIажизлъулеб, гIадан мехтулеб.
Ятун йиго инсан ясазда жаний,
Жиндий чин бахъизе пирказ бахъарай.

Алжанал гвангъулел хIурулгIинзаби,
ХIуснуялъе жинда ращалъуларей.
Кинабго тIабигIат, тIолго пишаби,
Ширинил бикъарай, Билкъисил щварай.

Балагьун гьурмаде пикру гьабизе,
Гьелде хIал гIолеб жо хIайванги гьечIо.
Керен-бетIералде ратIлилъанниги,
ТIасан бер чIваниги, ворчIуларо чи.

ХIалкIолъи бихьулищ бетIергьанасул,
Сверун гIагарлъани, гIадан виуна.
Кинан яхI гьабулеб хIара бихьарас,
ХIурлъун унин гIакълу гIенеккарасул.

Жийго тIаде йиччан чохьол эбелалъ,
РекIее бокьухъе гьаюн ятила.
Гьанже гIелин абун, бер гIорцIизегIан,
Берцинлъи бищизе щолебги букIун.

Дур гIадин гьайбатаб гьумер бихьани,
Рохьазда гъалбацIалъ моцIалъ квен тела.
Катан борхун нодо загьирлъарав чи,
Чорхол гIакълуги ун, гIодовккун хвела.

ЦIулал киниялда куцарайилан,
Копой абуниги, эв капурлъила.
Кварил рущабаца ющарайилан,
Щаклъи ккананиги, ккела мунагьал.

Инсан-сурат буго бихьулеб тIасан,
ТIад формаги ретIун, рещтIараб гIодой.
ГIадамал, хIакъаб жо, хIурде балагье,
ХIатIил лъалкI батани, туй гьумералде.

Гьелде инкар бугел балагье лугбахъ,
Бугищ рагIадали бакъукь чIаниги.
Къец ккарал ратани, ратIлихъ хал гьабе,
Бакъалда матIулъун данде паркъолеб.

Гьал ясазул исму гьелде абуни,
Гьебги купру буго какун батараб.
Малайикан тани, бугьтан букIина,
РакIчIун лъалареца лъун гIайибалгун.

Бахъун кьураб сурат, биун тIураб сан!
Эбелалъ, керен кьун, кодой ккунадай?
Квасул кун чурунан чиллай лълъунарин,
Чидае дур къадру къабуллъиларо.

Гьанже берцинлъиялъ, пирказ духъе кьун,
Бекьилъ магIдан чIана чIурканлъиялъул.
ЧIухIиялъул байрахъ дуцаги босун,
Ясазул салдарлъи дуца баркана.

Балагьун гьаглъулеб гьумерги буго,
Гьимун ца бихьани, бихьинал холеб.
Гьуинго бицунеб каламги буго,
КваначIого инсан рагIун гIорцIулеб...