ГIищкъул гIакъубаялъул...

Махмуд Хъахабросолъа
ГIищкъул гIакъубаялъул...

 

ГIищкъул гIакъубаялъул
Къокъаб казият хъвазин,
Къалмиде керен чучун,
Кагътиде хIухьел угьун.

ХIасратаб рокьул цIадул
ЦIияб приказ бахъизин,
Зодил тIавус беццараб,
ТIогьоде най урхъараб.

Ханзабазул чодрониб
Чараб чинидул чирахъ,
Чорхол рухI дирги кванан,
Бакун буго чияца.

Чиллаялъ букъарулеб
Къимат бугеб машина,
Къаникь вукъун дунги тун,
Ятула къехь букъулей.

Къуръаналъул хатI хъвачIеб
ХъахIаб шагьри кагътида
Кашишасул инжилан
Иваница хъван буго.

Навайил тIухьдул хъвалеб
Бахьин гIарцул забруялъ,
Забруялъул наслуян
Сунтуралъ аят лъураб.

Сахратулагь свердулеб
Сипат берцинаб хIанчIил
ХIули батуларого,
Бортун буго берзул нур.

Байтулагьалъул   тIохде
ТIогьилаб  гагуялъул
Горбода  гавгьаралъухъ
Нухъби  руго  хIайранлъун.

ХIежалъул   сурмамикки
Ккун  буго  гьинил   кIичIалъ,
Гьелъие  хIиллаялъе
ХIалай  чи  щоларого.

Щобазда чIараб гIанса
ГIаздал гIансикь къан буго,
Къасд ккун буго бахъизе,
Хъван бугеб жо лъаларо.

Лемпазул бахчабахъе
ХъахIаб хъурайсен кьегIер,
Кьолбол хIалищ бергьараб
Гьаб хIал хIехьон хIебтIизе?

ХIан гIарцул куркьбал ругеб
Зодил тIадагьаб тIавус,
Балайищ гьалаглъараб,
Гьавайищ тIаде щвараб?

Щобда чIвалеб бакъ гIадаб
Гвангъун чIараб дур гьурмахъ
Рукьби руго гьалулел,
Гьан буго бецIцIун унеб.

ЦIадакълъун, бакъ бухIани,
"Бакъан хола гагудул;"
Нухда данде мун ккани,
Ккола дунги жундуца.

Жаниб тIамун тани тIинчI,
"ТIад рас гIейгун, тIурула;"
ТIулалъ биги бакъвала,
КъотIноб кIалъай рагIани.

Къун тIагIани иццул лъим,
"Ихдал цIад бан цIикIкIуна;"
Дур цIар лъурай гурони
Росулъ гьечIей анищ яс.

Лъарда тIад полоп бани,
"ТIалил на хIадурлъула;"
ХIасрат ккараб рокьуе
КьогIаб гуреб гIуж гьечIо.

Жанив чи тIагIараб рукъ
"Чвархъан тIатIала ккола;"
ТIад юссун балагьизе
Гьудулалда кIоларо.

КIалдиб къвакIараб чода
Чангит бан бегьуларо,
Чияй дару бицине
Дирги бажари гьечIо.

Боржун унеб хIинчIалъул
ХIулиниги бортула,
ХIасраталъ дун чIванагIан
ЧIухIулей йиго мунги.

ГIор щвани, щобил пинта
Тамахлъун гIодоб ккола:
ГIищкъу дир тIокIлъанагIан
Мунги тIадегIанлъула.

ТIанхиде саву ккани,
Сардил цIорой цIикIкIуна:
ЦIорол матIу биина,
ТIаде мун ялагьани.

Гьаваялда бакъул нур
Мукъсанлъула хьухьани,
Къаси сордо къалъила,
КъватIий мун якканани.

Меседилги кьер хола,
"Кьаву чIвазе танани;"
Кьуралъуйго хIебтIани,
ХIал дагьлъила дур чорхол.

ХIарщул къотIноб тIинкIани,
"ГьацIул бацIцIалъи хола;"
Гьадин росгун рекъани,
КъватIиб чIвала чIурканлъи.

ЧIаго хабалъ чи лъуни,
"Халкъалъго гIайиб чIвала;"
ЧIаго йигей ятани,
Тоге, гьудул, дун гьадин.

ГIунайзатан мунги тун
"Турулеб буго керен;"
ТасбихIалъ малаикгIан
ГIорцIизаве цо кIалъан.

КIиго-лъабго сон буго
Соролел дир лугбазул,
Сардилъ унеб цо сагIат
Нусго сонлъунги бихьун.

Бахьинаб гьумералъул
Гьайбатлъи лъаралдаса
Лъавуда вугеб минут
Батуларо цогIаги.

Унго, мунан угьдараб
Дир каранзул хIухьелалъ,
Хьухь зодихъ гьечIониги,
Гьукъун буго бакъул нур.

 Къваридаб ракI чучизе
Чваханщинаб магIица
Чабхида хер бижани-
Хал гьабуни бихьила.

Гьаб рокьул карачелни
Квеш-лъикIниги баччилин,
Йиччалилан къасд лъураб
КъотIиниги бугони.

Къунареб гIищкъу хIехьон
ГIумруни тIамилаан,
ТIелилан хьул лъолареб
РекIеда щиб гьабилеб?

Босун араб канлъуе
Кан бакун сунтур хьвагIе,
Дуца гIадал гьавурав
Дида канлъи бихьизе.

Бичасул амру бачIун,
РухI бахъарав чиясда
Вахъаян кIалъалев мун
КIудияв ахIмакъ ккола.

Мисриязул чамасдакI
Чараб тулие тани,
Тату гьечIеб гьвелцIибил
ЦIункIулев щив вукIинев!

Шамахалъул багIаргIеч
ГIужрукъица букъани,
ГIурдал курак кваназе
Киса гIадамал щолел?

Кагьрумангун варакъалъ
КъачIараб нодоялда
Къоркъоца кIал цуниги,
Цо гIаламат тIатинчIо.

ТIегьгун най басандизе
Барахщарал курмузда
Квешаб борхьил хеч хъвайдал,
Чапун щайдай риинчIо?

ИяхI хвани, чорхоца
Чанги гIилла бачуна,
Чияр ургьиб ракIги лъун
КIоларин чIезейилан.

Чара бухIани, мацIалъ
ГIакълу мекъса гьабула,
КъотIноб кIалъай рагIани,
ГIелин гьудулалъулан.

Гьаваялда лочнолги
Чияхъ рокьи ккогеги,-
Рукьбал гIищкъуялъ ккураб,
Керен цIадуца цIураб.
 
Кидаго инсанасде
Аб балай бачIунгеги,-
Берал гьаваялъ цIураб,
Гьан щавкъалъ лъукъун араб.

Ингилис магазинахъ
Зарбу варакъул канпит,
Зодихъ бакъул нур ссуна,
Къвалакь квер чIван яккани.

КъустIантIин улкаялда
Арзирумалъул тамру,
МоцIродаса цIвакула,
ЦIаюцIун ялагьани.

ЦIорол фабрикахъ тIураб
ТIад мина хъвараб чини,
Чамасул ракI лъукъараб,
Къула-йорхи бихьидал.

Къарби Алазаналъул
Милъир меседил ччугIа,
Дур бицен рагIаравги
ГIкълуялдаса уна.

Къирарзабалъ рагъулъе
Гъулдузулъ чIвалеб чадир,
Дилъ букIуна бацIцIад кьал
Рокьул гIарза кьунилан.

ГIусманул пачаясул
СагIтида балеб къилба,
Къурасулъе балагьи
Гьунарин дурги бугеб.

Дир каранда кьвагьдолеб
Рокьул пириялдаса
Ракьалда хер бакъвала,
КъватIибе лъазе тани.

Къойил гIарза гьабулеб
Балаялъул пирхиялъ
Халкъул гIалам бухIила,
ХIал щун, тIатине тани.

ХIава-Адам къосине
Сабаблъун илбисгIадин,
Дий дунял къварилъизе
Росулъ рещтIараб къутIбу.

Къойил дун сурийила
Сабаб гьечIеб унти кьун,
Ссун рекъезе тIамуна
ТIадегIанав Алагьас.

Сордо бачIани, макьу
Кьуна дий хIарам гьабун-
ХIал кIолев Аллагьасул
Эбги батила хIикмат.

ХIасраталъ вухIаниги,
ХIал лъазе биччачIого,
ХIехьела дица гIумру
ГIарщалде щвезегIанги.

Щунусго сонги тIубан,
ТIадго гьан бакъваниги,
Гьабураб къотIи буго,
ТIубайги бетIергьанас.