ГIищкъул цIеца кваналеб, каранзул унтиялъул...

Махмуд Хъахабросолъа
ГIищкъул цIеца кваналеб, каранзул унтиялъул...

 

ГIищкъул цIеца кваналеб, каранзул унтиялъул,
Кагътиде ракI чучизин, чара холеб бугелъул.
Чорхол гьава бергьиналъ, лъай-гIакълу босун индал,
Угьизин,гьудул рехсон, дагьалго калимаби.

КагIбаялъул тIохалде, хункарасул карафин,
Кин гьабулареб кумек,кор боркьун бугин рукьбалъ.
Ракьа-гьан меседилаб, самаияб гIамирко,
Квер ккун вахъе къватIиве, тIину гьечIеб ралъдалъа.

ТIубалареб балаялъ,берзул нур бугин босун,
Сабаб гьечIеб батани,чIвазениги рес гьечIищ?
ЧIаго къаникь вукъарал, къоял ругин тIаде щун,
ТIолареб  гьаваялда, гьабилеб дарманго щиб?

Щоб рагIалде ахIтIолеб, тIадагьаб мугIрул гIанса,
ГIадамазе хIикматлъун, хIакимас йитIун йиго.
ТIад гIаршалде сверулеб,сурмияб зодил тIавус,
ТIул-ракI дир бежиялъе,йижун йиго ракьалда.

Жаннатул маъваялъул, лъим гьекъолеб къамахIинчI,
Къвал бан лъиде чучилей,чорхол рухI дирги босун?
Сулайманил рисалат,босун къокъунеб гьудгьуд,
Къадар хъван батичIони,хъамунгIаги яхъила.

Хъурайсин кьегIералъул, кьурараб илтиралъухъ,
Тату дирги хун буго, халкъги тIагIунеб буго.
ТIогьолъа гьоцIо цIцIулеб,цIар тIокIаб тIинчIнаялъухъ,
ТIад дунги вакъван вуго,къварид васалги руго.

Къайсарил улкаялде,Калиматил кинигин,
Киналго росабалъе,бицен дурги щун буго.
Кисра Ануширванил,Шагьрузадал гIадинан,
Зоб-ракь бахилаб гьумер,гьеб дур гуреб лъугьинчIо.

Дур бицун чи кIалъани,чапун риунин лугби,
Чанги ургъел бугоан,угьун дуде чучизе.
Чидар хабар гIемерлъун,гIадаллъун бугеб дир ракI,
КIвелаан бакIаризе, мунгун кIалъазе щвани.

Мисриялъун къиралас,къаси яс кьунаниги,
Къабуллъуларо дие, дуда гуреб къвал базе.
КъустIантIин шагьги вачIун,ячеян гьараниги,
ГьечIо дир рекIел хиял, хваниги,мун гурелде.

Хиялазул ахикье,ахIтIолеб булбулалъухъ,
Берзул магIуги тIагIун, би тIинкIигIан гIодула.
ТIайбаталъул бахчабахъ,чараб пинтадул бурутI,
ТIуладе ракI тIечIого, тIаса квер босиларо.

Сабаалда Билкъисилъ,къец дуца гьабуниги,
НусцIулго мун цIикIкIина,цlарги дуе букlина.
ЦIараб гIарцул лугбазде,балагьарал беразда,
Бецасда канлъи бихьун, канасе нур цIикIкIина.

ТIад ретIунеб ратIлиде,лъикI хал кколеб бугони,
Харда гьоркьоб тIегьгIадин, ятIалъула ясазулъ.
ТIабигIат-гIамалалда, гIадан кин хадув гъолев,
Хансаилги асс гуро, Аслилги ссиго гуро.

Сурат гьайбатаб абун,элъий сипат гьабизе,
Гьиндал къадру гIеларо,ГIайнаъ ящалъиларо.
ГIумруялъ канлъи щвечIеб,бецIаб рокъой таниги,
Къаде бакъул гIадинан,къватIибе нур букIуна.

 Къасде бецIаб сардида, рагъида мун сверани,
Cверун авал-роххеналъ,рогьунилан как бала.
Киналниги цIуял жал,цIвакула гIужде щведал,
Эбелалъул каранда,канаб моцI гIадин лълъвана.

Бакъаналъул къагIида,Давудил бикъун буго,
Дунял-гIалам гIодулеб,гlалхул чундул ракъвалеб.
Къавлуялъул пасихIат,Къайисил босун буго,
Бицунаго чи холеб,халкъалъул ракI бахъулеб.

ХъахIаб шагьри-кагътиде,тIаде щакъи тIинкIани,
КъваригIунареб тIанкI лъун,лълъулъаниги унаро.
Лълъар бекараб оц гIадав,цо чи дуца восани,
Росуги къватIиб чIвала,къайиги басралъила.

Къвал бан мунгун чучизе, чанай къачIадулаго,
Чанги хIайван батула, хIиллаялъе эргъелеб.
ХIажрул-асвад босизе,санагIат гьабулаго,
ГьечIо кумекалъе чи,кин лълъваниги,ракьалда.

Рукьбал магьидул пинта,йокьун мунлъидал йигей,
Лъие гурин хIелилев,хIалае мунго лъугьа.
ХIули варакъул мокъокъ, къун бугин анкьго талихI,
ТечIонани щиб хIалалъ, хIасраталъ виун ине.

Ингилис гIалаялъул,гIамал берцинаб тагьи,
Бицунаго гIакълу ун,гIадамалги сурула.
Cулайманил кавудахъ, куцун гIураб гIалхул чан,
Чи вихьун тIураниги, тIад буссун бачIа дихъе.

Сахратулагьалде ун,  инсуца гьараниги,
Гьадин гьурмал цIвакигун,цIуяб жо кинан лълъунеб.
КагIба рукъил гIекIги ккун,гIодун эбел лълъваниги,
Гьеб дур бадиб бугеб кьер,кьелищ тIокIаб батIаго?

 БотIил чIоргIан чIурканаб,камилаб лагаялъухъ,
Канлъи босун унарев,инсанго ватуларо.
Исанаги тIадеги,тIокIайги мун цIвакани,
ЦIуялан,бихьиналин,вихьиларо хвечIев чи.

 Ханзабазе щолареб , шагьзабаз ретIунареб,
РатIлил форма букIуна,кIикъоябго батIияб.
ТIад накъищал угьараб,гьоркьор аятал хъвараб,
Бахъун цояб рехани,цояб кIочона явлухъ.

КIалдир ругел цабзаца,цинги килщил малъаца,
МоцIрол гвангъи къотIула, къватIие мун яккани.
Kъунщбазул кьуриялъги, кьенсер-бер,нодоялъги,
НагIли-маржан,жавгьарги, жеги нахъе рехила.

 ХъахIаб цIердал гьурмаде цIваки гIурал гIанаби,
Рахьдалъе тIинкIун араб идул тIириян ккола.
ТIогьол лъеца чурулел,чохтIинир ругел гъалал,
Черхалде гьурщулесул , гьабе хIисаб Аллагьас!

 ХIасраталъул цIа рекIун  цIуллъун дун вухIаниги,
Дие мун щвелейилан щибго ракIалда гьечIо.
ХIурулгIин йхьулареб, ракьалда къоги рукIкIун,
Къварид вугин, бетIергьан, битIе гьури хIал бицун.