Гьава тIегьаниги, тIад пихъ балареб...

Махмуд Хъахабросолъа
Гьава тIегьаниги, тIад пихъ балареб...

 

Гьава тIегьаниги, тIад пихъ балареб,
ТIабигIат бихьула хьулазул дирги.
Хьухьазде щваниги щибго кколареб,
Шавкъалъул къо щундай къваридав диде.

Дагъистанго рихун,икъламго кьаллъун
Къабил гIадин вуго къабулалдехун.
Къалъул завалалда зодил бакъалда
Къацандун пайда щиб,щоларелъул дий.

Щагьри моцIалдехун цIалдон хайир щиб,
Дун тIаде цIанагIан цIалелъул нахъе.
ЦIоралъул бахчабахъ барщараб тамру,
Аллагь,бегьиладай дица квинчIого.

Курсалъул байдабахъ манаршадул тIегь,
ТIечIого теларо турун хваниги.
Хиялазул чIораз чIван ругин лугбал,
ЧIаго гьариялъе цохIо мун кIалъай.

Гьаваялъул къораз къан ккун вугин дун,
КъвакIун калам гьабе керен чучизе.
Хиялазул чIораз чIван ругин лугбал,
ЧIаго гьариялъе цохIо мун кIалъай.

Кини таралдаса тоге мунилан,
Тел бугин ракIалъул кIалъалеб дида.

Гьаб дир кIал-мацIалда дур цIар лъарабго,
Лъай ана дир босун,ясай,мунилан.
Ясазда гьоркьосан гьурмал кьер барки,
Кьерилал рихундай мун хиралъана?

Халкъалъе бакъалъул къалъиялдаса,
Къиматаб надалзул нур цIикIкIун ккола.
ЦIикIкIун канлъи кьолеб кавкабалдаса,
Камилал кьунсрузул кьер берцинлъула.

Хьиндалде барщулеб чIегIераб цIибил,
ЦIула дур кIутIбуца дир беразул нур.
КIутIидал багIарлъи гIечул хъалалда,
ХъваштIан цебе чIола кIиябго гIоно.

ГIаршалъул чирахъдай чорхолъ бакараб,
Канлъи дир босулеб сурат бихьула?
Сидраталъул жавгьар гьурмалъдай лъуна,
Лъавуде вачIараб бачIунарин къо?

БагIарал кIутIбузда кIутIундай кухIлу,
КIотун дун хун унеб хиял гьабулеб?
Хирияб якъуталъ къачIандай кьунсрул,
Щущан унин гIакълу,гIадаллъулин дун?

ГIараб Лайла йокьун Къайис кинигин,
КидалъегIан телев туризе мунан?
Тамахлъана керен Карамил гIадин,
Кида дун Аслида аскIове ккелев?

Аманат,йокьулей,кье дие рагIи,
Кьурун юссинчIого,чIухIун чIечIого.
ЧIалгIун бугин гьава,гьаве вохизе,
Хурхун цо къвалги бан,къай дун каранде.

Къилба ЗагьрацIвагIан цIвакараб щвемещ,
Щвезе къадар дие къирулебани.
Къиматаб кагьруялъ куцараб керен,
Квине замангIаги гIунтIулебани.

ГIищкъуялъул бухIи,хIасраталъул цIа
ХIисаб гьабун бихье,хIехьелеб лъица?
ХIайранлъараб ракIги рекIараб цIаги,
ЦIерлъун виун айин абилищ дуца.

Дихъ хиял батани,хирияй Загьраъ,
Загьир гьабе дуца гьабсагIаталъго.
Сабаб духъ бугелъул дир унтиялъул,
Тоге гьаб хIалалда,гурхIа мун дида.

Дуниял кьуниги, кьурда чIвалеб бакъ,
Кьезени кIвеларо кIиябго кьенсер.
Кьерилалъ щваниги,щабалъул жайран,
Шамалъул миккиян ккола мун дида.

Дур тIабигIат бицун,гIамалал рехсон,
ГIиприт гаргадула гордухъе бахун.
Гургинаб гьурмадул гьавадул битIи
ТIавусалъ босула сардида бачIун.

Сураталда ГIайнаъ,ГIаршалда Зайнаб,
ЗагьирлъичIо гьанже,гьудул,мун гIадин.
Сабаалда Билкъис,Къайсил Лайлалги
Дур гIадинаб къавлу къавмалъе гьечIо.

Гьаб заманаялъул Зулайхатица,
Хиялал рекIана рукьбазда жанир.
Ракьалда рештIуней Шумайсатица,
Шавкъалъул гIор буго щун дир лугбазде.

Рогьалил макьугун кьалда вуго дун,
Кьенсер бер чIегIерихъ чIалгIун дунялгун.
Дие нигIматазул татуги гьечIо,
Тирияб черхалъухъ чапун керенгун.

Чорхол рухI босулеб самаалъул хIинчI,
ХIакъ батила дуе дун гьадин тани.
Гьавагун свердулеб сурмияб микки,
Мун дие кьечIони,кквела дун женаз.

Жаниб кереналъул кирталги рагьун,
Ккараб рокьи кьунин,кье дие жаваб.
ЖужахI гIадин рукьбалъ кьварараб рекIел,
Кьунин дица гIарза,гIинтIамун бихье.