Дир рекIел къварилъи...

Махмуд Хъахабросолъа
Дир рекIел къварилъи...

 

Дир рекIел къварилъи къалмиде чучун,
Къокъаб гIарза хъвазин рокьул гучалъул.
Черхалъул кайпият кагътиде басун,
Дагьаб хIал бицинин балагьиялъул.

Гьаваялда бакъул къотIилаан нур,
Диде гIадин гIищкъул гIакъуба щвани.
Къаси шагьри моцIрол цIваки хвелаан,
Хиялаз дун гIадин гIадал гьавуни.

Хаселго инчIого их бачIун бугин,
Элда лъолеб цIар щиб,цIаларал чагIи?
Ихго бачIинчIого тIегь баккун бугин,
ТIехьалъ щиб абулеб,ал гIалимзаби?

Зоб роцIцIун букIаго бецIцIун балеб цIад,
Бице,сихIручагIи,сундул хIикматан.
Рии бухIанагIан хIорда цIер чIвалеб,
ХIикмат кинаб бугеб, кагьанатзаби?

Берал чвахулареб, черх бецIцIун унеб,
Унтуде абулеб исмуго бугищ?
Ургьибго рукъ ккураб къавудаялъе,
КъватIибе бахъулев тIалиб рагIичIищ?

ТIабигIат хисарав, гIакълу босарав,
ГIадан хьвадулеб куц кинан букIунеб?
Кунеб квен кьогIлъани,лъим загьрулъани,
Эсда щиб бицунеб, берцинал ясал?

Меседил гарапин кодоса ани,
Кинаб цIер букIунеб багьа цIикIкIараб?
ЦIараб гIарцул натIги гIодобе рехун,
Ххан-гIаршун щолеб бакI щиб ракьалдехун?

Щобил ботIрол тIогьиб тIокIкIараб иццул,
ТIинде балкан ккани, квер хьвагIун тола.
Хьиндал кIкIалабахъе кьер берцинаб пихъ,
Хъублъи гъорлъ батани, танкан рехула.

Тукада хириял ххамил тупазда,
ТIад бурак кьабула, гIемер мех бани.
ГIамбарул тIогьолъан тIураб гьацIуда,
Гьоркьоб хIе батула, хIисаб гьабуни.

ХIажрул-асвадалде боржунеб гагу,
Ганчида свердани сси нахъе ккола.
Сахратулагьалде бахунеб хутIап,
Хуриб гIодоб чIани гIайиб букIуна.

Дирго къадруялда рекъараб хабар,
Женазул рахъалъан хъвана кагътида.
КинабгIаги рагIул магIнаги гьабун,
Гьудул хадуй гъолеб гъолбас гьабуна.

Хаселго инчIого их бачIин буго,
Эбелгун къацандун ясалъ къвал байи.
Ихго бачIнчIого тIугьдул раккиги,
ТIепун йикъарулей къоролай йиго.

Зоб роцIцIун букIаго,цIад бан лъугьинги,
Бицун рагIи  хварай халилат йиго.
Рии бухIанагIан хIорда цIер чIвайги,
Рокьул магIна лъалев гIадан гьечIолъи.

Берал чвахулареб, черх бецIцIун унеб,
Унтуда абула илагьийилан.
Ургьибго рукъ ккураб къавудаялъе,
Къаси тIаде хьвади тIалибин тола.

ТIабигIат хисарас,гIакълу  босарас,
Хвелги тIаде босун,йосе йокьулей.
Кунеб квен кьогIлъани,лъим загьрулъани,
Эсие рекъола къвал базе гIадан.

Меседил гарафин кодоса ани,
Кинго цIорол багьа гьелде щоларо.
ЦIараб гIарцул натIги гIодобе рехун,
Ххам-арщун бокьани -щулияб кьола.

Щобил ботIол тIогьиб тIокIкIараб иццул,
ТIинде ккараб балкан бахъун ракъулъ лъе.
Хьиндал кIкIалабахъе кьер берцинаб пихъ,
Хъублъунин течIого, хъал бахъун кванай.

Тукада хириял ххамил тупазда,
Бурак кьаби буго гIарцул гуч букIин.
ГIабдал гурев чияс найил гьацIуда,
Гьоркьоб ккараб хIедул хIисаб гьабилищ!

ХIажрул-асвадалда боржунеб гагу,
ГанчIидаги чIола, гучлъун свердани.
Сахратулагьалде бахунеб хутIап,
Хурибги свердула хиял цIикIкIани.

Диргин рокьиялъул кьал буго бецIаб,
Я бергьун тIад гуро, тIамун гъоркь гуро.
ТIолго аб дунялгун дагIба буго дир,
Я дун къуркьуларо, я гьаб къоларо.

Къойил гIищкъуялда къацандула дун,
Дидаса квер босун,ясалде аян.
Кидаго гьавагин гьарделев вуго,
Дун гIадин гьаг гьае гьудулгийилан.


Дида къварилъиялъ къан буго рачел,
КъотIун реханиги, хурхун батула.
Къвал жемун, ургъел ккун, гъара буго дир,
Дун гъаримлъанагIан лъола цIияб рагъ.

ЦIакъаб фабрик буго пашманлъиялъул,
Лъел цIезе кколаро,цIул хIажат гьечIо.
ХIикмат фабриказул магазинабахъ,
Базар биххулареб,ххам тIагIулареб.

ТIекъаб гIамал буго дир гIищкъуялъул
ГIурухъе щвелалде хьитал рахъулеб,
Хъубаб пиша буго балагьиялъул,
Хьуйдулъ гIанкI букIаго,пуруц бекулеб.

Гьирда къвачIаги къан къватIахъ лълъвин гуреб,
Къвал бан гьудул кколеб гьава рагIанищ?
Къасиги мугъзада гъалдиберги бан,
Балаялъ гьабулеб гьунарго бугищ!

Дир рекIел чирахъан чияр ясги тун,
Чан сон тIубан бугеб, тIадго гьан бакъван.
Черхалъулго рухIгIан хIалай мун йокьун,
Рукьбалги риана,угьдилаго духъ.

Дунял бижилалде жамал-камалалъ,
Куцищ дуда чIвараб,чIурканаб лага?
ЧIухIи бикьулелъул хIусну-санаалъ,
Ирсищ духъе кьураб, кьенсер-бер чIегIер?

Рокьиги гьабичIев, гьудулги кквечIев,
ГьечIев инсангIаги гьаб дунялалда.
Дир гIадин чорхол гьан чапун биарав,
Эбелалъ васасде ваян ахIичIеб.

Унти тIагIанилан тIаде вахъани,
Нахъа чIун батула цойгиги балагь.
Бигьалъанин черхан хиял гьабуни,
Хвелго къабуллъулеб къварилъи ккола.

Къого соналъ ккараб рокьиялдаса,
Рукьбазе бакIлъула кIиябго дур бер.
Дагъистан хIайранаб хIасраталдаса,
ХIалай захIмалъула хIеренаб кIалъай.

Мунилан угьдулеб аб дир хIухьелалъ,
Хьухьазе бакI гьечIо зобалазда тун.
Дур бицун гIодулеб дир берзул магIил,
ГIорал лъарал руго лъалел халкъалда.

Ханлъун кивгоги тун,Кавказ кьуниги,
Кьеларо цо дур бер ракь цурал ясахъ.
Росуго гочун ун,нилъго таниги,
Лъутунги инаро,аскIор регила.