Дирго гьудулалъул гьуин махIалъул...

Махмуд Хъахабросолъа
Дирго гьудулалъул гьуин махIалъул...

 

Дирго гьудулалъул гьуин махIалъул,
Гьалулеб кереналъ цо кечI ахIизин.
Каранде дунги къан, къочун дидагун,
Къороллъун чIаралде рисалат хъвазин.

Росдал ракI бахъарай билкъис-бикаде,
Дирги хиял буго гьитIинго ккараб.
Гьаваялда чIараб лочнода хадуб,
Чанги къункъра буго къватIал сверулеб.

Къайсарил бикада батIияв чи хъван,
Ракьалда хьвадизе хьул дирги гьечо.
Гьиндилада къадру башалъун хадув,
Къороллъи цIунана анцIгоги соналъ.

Саву ккани тIогьол тIад кьер холилан,
ТIад бакъ чIвазе течIо хъахIаб гьурмада.
Хъублъани меседги босуларилан,
Ясал рехун тана талихIкъадица.

Турани аб пихъил тIагIам холилан,
ТIад квер хъвазе кIвечIо цо къоялъ гурон.
Цогидал ясаца пудра бахуна,
Дур гьурмахъ къец гьабун къачIадилаго.

БагIар бахани щиб хIабашияца,
ХIурулгIин мун гурей дий йокьуларо.
ХIежрукъалъул къеда къалмица хъвачIо,
Къудраталъ бикIараб дур цIар гурони.

Гьединан мун чIани гьаб ракьалда чи,
Цоцин хутIиларо,цохIо мун гурей.
Магьди вахъинчIого,Дажал щвечIого,
Дуца чIезабуна къиямасеб къо.

Къуръаналда гьечIел,тIехьалъ рехсечIел,
ТIокIал гIаламатал гIуна ракьалда.
ГIисал инжилалъул махлукъаталъе,
Къварилъи тIагIанин тIехьалъ бицана.

ТIокIал къурайшиял гIадада гуро,
Къуръаналъ какулел кир рукIаниги.
Къадаралгин лъикIал ратIа гьаризе,
Бичас битIун буго ракьалде гIелму.

Мун гIакъил ятани,дихъги ялагье,
Дунги бусурманчи,хвезе виччаге.
Хиялаз цIураб черх чучуларищан,
ЧохтIо бахъун бихье гъалазул рикьи.

Нагагьал хиялал хун ракьулъ рукъе,
Рукьбал риун унев дун каранде къай.
Къайисги Лайлаги данделъизе те,
Цогидал гIадамал рикIкIадегIан те,

Тулпаралда рекIун хьвадизе виччай,
Рокьукъал жалго те, женал рехун те.
ЖулигIалам ургъун мун дие гьаре,
Гьаб зулму дидаги захIмалъун бугин.

Зодихъан баккулеб бакъгун къец ккурай,
Вакъван холев вуго дур анищаца.
Ургъидал ахIизе цIар гьечIеб ани,
ЦIаялъ вухIилаан Мажнун кинигин.

Кинида йикIаго казимги бахъун,
Кепалъе хъван руго кIиябго кьенсер.
Курмузда бахиллъун,берахъ гIащикълъун,
ГIалхул чундул руго тIадго ракъвалел.

Хивалалъ ккун бугеб тел щула бугин,
БахIсалъе вахъун чи бергьинищ цинги.
Варакъ тIад,бекьарал,тIерен хьухьарал,
Гъалазул халгьабе дир гьудулалъул.

Къуръан-хIадисалда божулел гьечIин,
Авараглъиялда дагIбадай бугеб?
Дир бераз духъ тIураб магIил гIоралъан,
ГIурус пачаясул гуми хьвадила.

ГьечIин мун йокьунан хиял ккун хадуб,
Хадув хьвадун хварал хьитал кье нахъе.
Къунин гIищкъуйилан гIакълу сверани,
ГIадалъ гIаштIи кьабе,кьелин ихтияр.

Кьалде кканин ишан чIухIун ятани,
ЧIахIагьаркьал гьаре,гьас дун ккунилан.
Гьереси бицине нигат батани,
Наибасде йилълъа,дун лъукъанилан.

Къвал бан чучилилан гьава батани,
КъачIан дунги вуго дуда хурхине.
Дие харбал рицун черх хьихьичIого,
Чара хварав дие гьабе санагIат.

Арал сардал-къоял кодор щоларин,
Кепалда биччанте бакъул дуниял.
Бер къваканщинахъе духъе вачIине,
Дунги хIадур вугин,хIалтIи гьечIев чи.