Дун росасе унан сси холебилан...

Махмуд Хъахабросолъа
Дун росасе унан сси холебилан...

 

Дун росасе унан сси холебилан,
Хиялго гьабуге, гьаглъулевин мун.
Гьаб дир сураталда жин битIун гурун,
Жеги, аскIой яхъун, босной егичIо.

Бисмила бахъани, нахъе лъутулеб
Авги гIиприт вуго, гIадада хварав,
ГIумру тIагIинегIан тIад вугониги
Килищ хъван батани, хъун рехе дуца.

Дие сипат гьабун мунги сверданин,
Сипат равхIаният хIавраин абе.
ХIакъикъат босизе жеги рекъечIин,
Къадру тIадегIанай ГIайнаилан те.

Дур къадру-къоялъул дир къецни гьечIо,
Къурайшазул бика мун йикIин лъала.
Дица дуда балеб дагIбаги гьечIо
Дидаго бугеб хIал бицин гурони.

Берцинлъи духъ гIадаб тIокIаб гьечIелъул,
ТIулгин керемалда квер лъелароан,
Киналго ясазул Сайид мун лъидал,
Лъайгин-гIакълуялда къо-лъикI гьабуна.

Къунареб ралъдалъе бацIцIадаб маржан,
Йижи хIикмат буго ,хIайран гьаризе.
ХIурулгIинзабазда нур балеб жавгьар,
Жемун къвал барасда, къоно чIваларо.

РечIун рекIелъ къалел къвакулел берал,
КъотIуй хисиладай ясал гIадинан?
ГIадан чапун унеб чорхол гьаваялъ
Чан сон тIубанидай къватIибе лъала.

Къуръаналъги гурищ малъулеб бугеб,
РекIел тушманасе нагIана кьеян.
Кьибил - тухумалда лъазе течIого,
Балагьалъ таниги цIуне, яс, гIищкъу.

ЦIияв къирар тола, басрияв рехун,
Рехе вахаралъув, хабалъан ваккад.
Хункар тIаде тани, гIарац хисула,
Хисун гьудул восе, гьагав росги тун.

Росулъ къадру бугел къабихIги гьарун,
КъунцIараб гьой буго, бачун къвалакь ккун.
Къо тIадегIанщинал гIодилелги тун,
ГIурус бахIри буго, хIапдезе тIамун.

ХIули варакъулаб Къубайсалъул хIинчI.
Къадал кIартIихъ чIоге, къватIибе боржа!
Румазул мугIрузде гIедераб жайран
Жундулъ гIодой чIоге, ГIарщалде яха!

ГIажаиб рекIел тIегь дур рагIул битIи
Дий диван къотIулев адвокатищ мун?
Унго, халикъасищ илгьаш гьабураб
Гьаб дир рекIелъ жаниб бежараб хиял.

Щиб дица гьабеян гьалдеги тIаде
Гьединан абулеб исана дида?
Дида бугеб къоги, къваридаб хIалги,
КъватIибе бахъизе щолареб ресги!

Щобде лочнодаса чалухаб рилъин,
Чан къо инеб бугеб, къварилъи хIехьон ?
Къадби бикал гIадаб борхатаб габур,
Къулахъе хутIидал, хвана дир чара.

Чундухъ рокьиги ккун кьурулъ анищ дун,
Кьалаб балагьигун гьадин хутIигIан.
Гьороца росаял Самудилаца,
Сордойил цIехолин цIиял хабарал.

Баккараб бакъул нур дида чIвалилан,
ЧIегIераб хьухь буго хьвадилеб цебе.
Беразда бихьулеб канлъи иналде,
Квешаб накIкI букIана кIалалъ бачIун чIун.

КIалтIа месед хъвараб хъиринилан тун,
Хъазмил чупен буго, чара хварай дир.
Чармил хвалченалъул хал гьабичIого,
Гьадил макъар кьуна босун эбелалъ.

Нусго ясалдаса рас дий бокьулей,
Васални рукIана росабалъ дие.
Росу тун инарин абураб рагIи,
Эбищ хисилебан хатIаблъун ккана.

Ихдал баккараб тIегь тIун босун лъуни,
Лъала гьелъул багьа хис-хисулеблъи.
Багьа лъунин абун месед какани,
Карбидги щоларо, хIажалъун хадуб.

Дида бугеб унтул дафтар цIалани,
ЦIваби гъенелаан, цIад гIадин, гIодор.
ЦIадае чвахдолел берал рихьани,
Бакъ- моцIалъул кьер ун, ракь бецIлъилаан.

Унтун турун бугеб дир керемалда,
Духъ ккараб рокьул кор кида цIоролеб?
Кини таралдаса дунан тирулев,
Дурги буго ургъел гъаримай дида.

Огь, дир рекIел чирахъ, черхалъулги нур,
Найил гьоцIо буго бацIун дур кIалъай.
Каранзулги матIу, тIулалги дару,
Дур кIалъай рагIиги гIелаан дие.

Дунги дуниялги дир къварилъиял,
Бакъулъан унеб хIур, хIисаб гьабе дир.
ХIасратаб гIумруги, гIищкъул гьаваги,
ГIурулъе рехила мун йохиялъе.

Хамилъ багьа бугеб бацIцIадаб ластик,
Рос-рукъго гьечIого чIобого анищ?
ЧIухIараб формаги гвангъараб нурги
Губернаби свера сурат бахъизе.

ХъахIилаб зодихъе хIанчIи хIулана,
Дур хIатIида рохьен бухьаралдаса.
Ралъдал хIайваназги магIу гьабула,
Гьандил къвалакь бугеб къверкъ бихьулищан.

Къоролзабалъ месед, мусудузулъ хан,
Дулъ бугеб гIайиб цо гIурулъе лъугьин.
ГIолил ясалъе бакъ акъраалъе моцI,
ЦIадал ихикь хутIи хатIа дур буго.

Маргъалил купалъул киниткаги бан,
Киндай тIавус чIана тIохил рагIалда?
ТIад накъищ бахъараб хъорщода гурон,
Булбул кин рекъелеб къадал картIиниб?

Духъ рокьи ккезегIан рукьбалги риун,
Ракьулъ бокьилаан боркьун жужахIгун.
ХIасрат духъ бергьигIан гьанги хIулун ун,
ЛахIтуялъув анищ турун холев дун.

ГIайнаъ къадруялъул къец гьабулаго,
Къараб талихIалъе хIалай чи щвечIо.
ХIусну-сапаалъул ирс балагьулей,
Сордо киб баниги кеп букIина дуй!

Каранзул хIаркиниб рокьул хIорги чIун,
ЧIолеб бакI тIагIайги дир гIадин дурги.
Данде гьава гьечIев гьудулги вокьун,
Гьаб гIищкъул къварилъи дудаги лъазе.

Дуниял чIухIараб чIурканаб лага,
ГIорлъун рекIелъ къана дур кIиябго бер.
КIалъарав гьаглъулев гьайбатаб кIветI-кIал,
КIоларо-кIоларо мун кIочон тезе.

Тамаша, вокьулев, дур рокьул гьаглъи
Кьеян щай гьаричIей дун йорчIилелде?
ЧIухIиги хIинкъиги къаникь лъечIони
Къадар хъвалареблъи, лъаларищ дуда.

Дир рокьи ккун бугин росулъ свердиялъ
Ясал лъихъе щварал лъадал къулгIадухъ,
Лъида-лъиданиги дир бицунилан
Дун ячеян абун чийищ витIилев?

Чанахъ балагьараб хъергъу киниги,
Духъ балагьун ана аб дирги гIумру.
Дунги гьаб хIалалда хIайран вугилан,
ХIал бицараб ани, цо иш букIана.

АнцIила щуго сон тIубалелдего,
ТIогьол гIужалдего гIуна рекIее.
ТIаде вачIаниги къанщун гурони,
КъвакIун чан гьабизе дур гьунар гIечIо.

Дирго гьитIинлъиялъ гьурмал кьерги ун,
Кьерун йикIунаан мун вугеб бакIалъ.
КIиябго бер лъунги лъолаан дуда,
ЧIегIераб явлухъалъ гьумерги бахчун.

Гьадин араб дунял дий къабул гуро.
Диргин рокьи гьабе кьучIмеседил лъун.
Кьуралъуй хIебтIизе дун хIайван гуро,
ХIарщ къанида чIвайгIан къвал базе вачIа.

КъотIун дир гьан квине дуе бокьани,
Рукьбал-щукIдуздаги кверщел дур буго.
Щвараб алжаналда дагIба баниги,
Бащдаб бикьун кьела, вокьарав, дуе.