Зодил тIайпусалде саламал хъвазин

Махмуд Хъахабросолъа
Зодил тIайпусалде саламал хъвазин
 

Зодил тIайпусалде саламал хъвазин,
ХъахIаб кагъаталде тIаде къулизин.
Къваридал чучизе тасияталъе,
Меседил щакъиялъ накъищ бахъизин.
Берзул магIуялъул аятал лъураб,
Телеграм рагIизе рачIа гIинтIаме.
ГIищкъуялъ мехтараб жаниб каранзул
Казият бахъизин, рахъа цIализе.
ЦIерлъун берал чвахун, чорхол рухI босун,
Сурана гьанже дун гьал ясалазе.
Гьавадул цIа рекIун, рокьул шавкъ бергьун
Босун ана гIакълу, гIадаллъана дун.
ГIурус туснахъалде дун щваралдаса
Щибго хабар гьечIо дир Халилатил.
Хъалаялда жанив тIамуралдаса
ТIаса чи къотIана дир гьудулалъул.
Гьадинан ккун гурев къаникь лъуниги,
КъватIив дун хисизе хиял букIинчIо.
Хвалил унтиги чIван дунял таниги
Дирни къасд букIана къвал дуда базе.
Къуръаналда жаниб <хIи> батанани
ХIасраталъ турула жанисан керен.
Танзир цIалулаго цIар ракIалде щун
ЦIерлъун чвахун уна черхалдаса гьан.
Гьанже дун гIадинав гIадан вугодай
ГIищкъул заводалда кьаву хурхарав.
Кьерилал дун гIадав вижун вугодай
Женазул гьури пун гьава бигъарав.
БитIун завалалда кеп босулаго
Росу тезабуна тушманзабаца.
Илбисул рас бугел мацIихъабазги
ЦIа базе гьабуна гьерсил гъонода.
Гьороца росаял жасусзабазги
Гьоркьоб кьал тIамуна дир рокьиялда.
Дознание хъвалел хIакимзабиги
ХIилаялъе чIана дир диваналъе.
Дуниял къалъулеб бакъ гIадаб гьумер
Къвал дуда барав чи хвелин кколаро.
Халкъалъул ясазул си хварал лугбал
Дур кеп босарасда мусру баларо.
Савмаияб лачен чидай иналъул
Ургъалил гьир буго гьинал рекIеда.
Амма Сибир къотIи къабуллъилаан
Къвал бан цо хурхине кодой щванани.
Шамсул палакалда нур балеб жайран
Жаниб варакъ хъвараб меседил сагIат
Сардилъ щайтIабазде ургъел бикьуге.