Истанбул читалъул чергес хъабало

Махмуд Хъахабросолъа
Истанбул читалъул чергес хъабало
 

Истанбул читалъул чергес хъабало,
ХъахIилаб миккилъун яккула тIаде.
ТIегь рикIкIун ланг бугеб гуржистан форма,
Гьурилъун жендула жаниб каранда.

КагIбарукъ къачалей къурайшиялъул,
Шалил чухтIуялъухъ чара хун буго.
Чундуз магIу тIолей гIарабиялъул,
ГIусманил тастаралъ туризавуна.

Зодил хIанчIи рачIун хIисаб босарал,
XIангIарцул курхьабахъ кванала тIул-ракI.
TIалил най сверун лъун сурат бахъарал,
XъаxIал баргъичазухъ мугъ бекун буго.

Берзул магIу тIагIун, рекIел тIегь бортун,
Балаялъ хун унев дун хвасар гьаве.
Хиялаз керен цIун, цIерлъун ракI биун,
ЦIадал их гIадинан гIор бугин рокьул.

Балагьун хIал хьезе йихьуларей духъ,
Рукьбазда цIаги лъун, цIуллъун вухIула.
ХIасрат бергьанагIан гьава тIокIай духъ,
ТIанчIазухъ хIинчI гIадин, хIайран хутIула.

ХIатIида квар бараб Коралъул жайран,
Жундул рачIунарищ, дир хабар босун?
Ясбер меседилаб мугIрузул гIанса,
ГIиприт ахIдоларищ, бугеб хIал бицун?

Инсан суратилан cсиги кодоб кьун,
Дир каранда буго кармангъур рештIун.
Копое эбелалъ ясан цIар ахIун,
Дир рухI цIалеб буго рогьалил цIваялъ.

Гьуригун хьвадахъун, хьухьалгун къокъун,
Къадру борхалъана халкъалдаса дур.
Бакъул лагаялда къвалакь моцIги ккун,
Къойил тIадегIанлъи лъала лъидаго.

Лайлатул къадиралъ лъим къунеб гIадин,
Мун къватIий яккигун, тIерхьуна ясал.
КъутIбу жаниб бугеб жавгьаралъулгIан,
Жули-гIаламалъе гIун буго канлъи.

ГIиса загьиралъараб заманалъ гIадин,
Зоб-ракьалъул гьава гьабуна дуца.
Гьабил чIван къосарав Къабил кинигин,
Къо бухIун хутIана тIолго мусудул.

Caмаалда гIураб гIедераб тагьи,
Тоге нухда лъелго,лъезе те кьили.
Кьуру-щоб лъалареб ширванул гIала,
Щвезе гьава рекIун ракI бугелъуве.

Гьуинаб хIохьелалъ,хIеренаб мацIалъ,
ЦIан ваче черхалде,чапун иналде.
Чияда лъалареб балъгояб хIалалъ,
ХIисаб гIабе дие дуда аскIоб бакI.

- Гьеб щиб,ле вокьулев ,кьогIал хабарал,
Кьурулъ рузилалда зигар  релълъарал ?
Лъида мун кIалъалев,дидацин гурищ,
Дун гурей инсанги аний гьечIелъул?

Гьел рекIел хьулалгун хьвадани дуда,
Хьопол цIиниялъул цIалал щве-щвела.
ЦIикIкIарал къасдалгун къватIив ватани,
КъвакIарал жулазул жваргъи бахъина.

Бахъуге къватIибе тIокIаб гьеб калам,
ТIаде гьарчил цIцIад бан,черх гъурулебин.
Чияда абуге дида гIадаб жо,
Дун хIурулгIинлъидал гIедегIуларин.

ГIалхул царал гIадаб ца-кIалги босун,
Цудроние гьуней яс йокьунищ мун ?
Цидул квачIал гIадал хъачIал квераца,
Кинан данде къалей, къвалзукьа чергес.

Чахъица гьунараб гьумер кIалалъе,
Нахищ къаригIараб, кьелищ бахине.
Хвараб парталалъе рукъи къваригIун,
Гьардолев ватани, босе гьаб турут.

Дун лъадай къокъунеб къотIнов ватани,
ТIилил гьаракьалъул гьура букIина.
Гьаб къаси гурони гурхIаян лъвани ,
ХIохьолъ гIащтIи гIадин,гIадалъ жо щвела...

-Щиб,яс цIакъаб калам,кигIан гьуинаб,
ГьоцIо кIочон тараб,чакар рихараб?
Чанил тIинчI хIайранай хIурулгIиналъул,
РагIи-гаргаралъул гугьар бихьулищ!

Зодил тIайпусалъул тIогьилаб хоно,
Цо дун хун хIебтIелеб хIара дур гуро.
ХIижаз гIамиркодал куркьбал хъахIаб хIинчI,
Катица инчIони,инсанги тIагIун.

Алжан кьолеб гIамал бокьун батани,
Мун вокьарав нахъ чIван,чIухIи гьабуге.
БухIараб цIедаса цIуни бокьани,
Боркьараб коргIадаб керен цвизе те.

ТIугьдул хIайранлъарай Хадижатида,
ХатIаян кIалъалев чи вахъинаро.
Халкъалъе балагьлъун эдин чIечIого,
Дуего къабулав къираласе а.

Къули гIажаибаб къапалъул гIанса,
ГIакълу батIалъула,тIаде йорхани.
ТIекъаб дагIба лъалеб Давудил рахас,
Къоял цIаруцIина,цIар ккун ахIани.

Меседалъ басараб Мусал хъорщода,
Хъвараб исмуялъухъ сорола лугбал.
Сулайманил тахда жундузул ханас,
Басараб гъулбасан сагьвиллъун вуго...

-Гьанже гьеб рагIини гьереси гурин,
Гьабулеб жоялда лъе дуцаго цIар.
Дун гьедин тIокI гьаюн йижун йигелъул,
Дуе щиб мунпагIат,гIенеккун вихье.

ГIилигуналдаса хваразул рухIал
Росун рачIаниги,ячIунарей дун.
ЧIегIер ралъдадаса гама кьуниги,
Кьезе рекъолареб рукъалъул агьлу.

Къайсарил бикаде квер дур щваниги,
Кинго къабул гуро дургун дир къадар.
КъустIантIин шагьасул яс течIониги,
Тухумалъе рогьо гьабуларей дун.

Гьури гуреб хъвачIеб,бакъ гуреб чIвачIеб,
Гордухъе бахараб рузихъ балагье.
Гьудгьуд гочунареб,гагу чIолареб,
Рагъиде хъетулеб хъаз бихьуларищ!

Зобалазул лачен нечарай дие,
Чаргъадил гьаркьица макьу толаро.
Кьурабалъ чундузги час ккурай дида,
Чаларча чIун буго рачIчI гьечIеб цебе.

БагIар меседалъул куркьби гъуниги,
Гъадил гьунаралъул цIар бахъиларо.
ЦIоралде къабукъун къункъра чIаниги,
ЧIухIун рекъеларо хIоразул ордек.

Эриван бахъараб топго жибилан,
Кубач таманчадул чвархъи рагIулищ?
Телавур босулеб ингилисилан,
УргъабекI кьвагьидал ракьанде ккана.

Басра гьавичIого,рогьо бачIого,
Бегьараб гьабилин,вила цевеса.
Сверун авалалда дур кьер бихьани,
Дица кьабгIа -тункун ватилин ккела.

Турун гIодоб бараб гIеч гIадин восун,
Рагъидул къедасан къотIнов речIчIана.
КъватIул гьведа хадуб гьарчил кинигин,
Чабхил хIал букIана хIатIица хъвалеб.

Хъурщун, вахъун, вилъун, лъутизе кIолеб,
КIиябго махIалда рухIги хутIичIо.
ТIепун чIун гурого тIаде ворхани,
ТIохда гьорчоги ккун гьейги йикIана.

Гьеб къварилъиялда къадал ракьанда,
Лъуна мировой суд дицаго дийго.
Долда кIалъаралъухъ лъабабго соналъ,
Сибир къотIанилан къварилъана ракI.

Ругъналги дида щун,дун щай къуневан,
КъотIараб хIукмудул копя босана.
Гьаб диван инилан окружниялде,
Гьенив бергьилилан гьабуна хиял.

Халкъалда цIар арай инглис бикада,
Квер хъвараб гIелилан эзги нахъ чIвана.
Гьаб хIукму тIубалин бетIергьанасан,
ТIаде вахъун,къед ккун, рокъой къокъана.

ТIалулъан къокъунеб къоркъол гIадинан,
Къвахьи букIунаан бекараб мугъзал.
Зазилъан кIуржунеб гIужрукъ гIадинан,
ГIадан вихьулаго,кколаан гIодов.

Дирго парахатаб рокъове щведал,
ЩагIил гъадаролъун гъурун буго черх.
Чиго вихьулареб бакIалде ккедал,
Ккураб лага гьечIо гьаргьадулареб.

Пириялъ вухIарав хIабашиясда,
Релълъуна тIабигIат матIуялъусан.
ТIилид бухун гъараб гъотIол тIанхида,
БатIалъиго гьечIо гьумер-кIалалъул.

Гьаваялъ бухIулеб рекIел хIал хьезе,
ХIисабалда хъвана хъумсида килищ.
Кереналъул унти танкуларищан,
Тамахго чучана чагур-кечIалде.

Бихьарабщиналде щукруги гьабун,
Щуго сордо бана балъго жанив чIун.
Щварал ругъназулни ургъел гьабичIо,
Гьудулалъул чорхол хиялал гьарун.

Гьеб къоялъ гьабураб гьунарги кIочон,
Гьедун гIодоб тана гIищкъудул алат.
Балада чаранги нахгIан хIеренаб,
ХIамил къвалалда ххун, ханжар борчана.

Хергун гуллаялъул гьаракьалдаса,
Кьижухъе чи толеб таманча бана.
Базар-къотIной рехун къого сон бараб,
Къокъаб гIурусазул гIаба ретIана.

ГIуруца бачIараб заз-хъарахъ гIадаб,
ХъахIаб тIом-расалъул тIагъур тIад лъуна.
Гъоркьаги тIутIурал,тIасаги гьечIел,
Сверун квар баккарал хьитал ретIана.

Хвани чурарасе васиятилан,
Горде-тIажу тана тукадул ххамил.
Халкъалда рагIани бер гIунгутIизе,
ГIакдал рачIчI бухьана нахъа гарбида.

ГIадан кIалъалелъул лъангутIиялъе,
КIартил гIундул лъуна тIогърол сукIинир.
ТIокIаб къачIаялъул къвекIаб цIудуца,
Къаси лъалин абун,лъуна нухда хIетI.

ХIадурабго яргъил рохьил гъалбацIалъ,
Бихьилилан къана рокъобе нуцIа.
Росдал бетIерелда тIохил рагIалда,
ТIад бугеб мохроде вахун,гIин бана.

ГIадамазул ишни щибниги гурин,
Жундузулцин харбил хал гьабун чIана.
Гьабзазул рортанхъи,хъурмазул хьвади,
Хьул лъуралъур тирун,танкан къотIана.

КъватIазул хъаравул,тIад сверулев гIел,
ГIадан кьижун хадув,хвана цо бокIинилъ.
Цурдузул махI бачин,чундузул гьели,-
Щолеб бакI тIагIиндал,тIад руссун ана.

Сардида жендулел жундузул боял,
Жидер иш лъугIидал,парахалъана.
Ургъалий ахIтIолел хIорил къуркъбиги,
Къадал картIахъе ун,элги лъугIана.

Хурзабахъ роржунел жарадазулги,
Жаниб гъунгъудулеб гъунна хутIана.
КъулгIадухъ чвахулеб лъел гьаракъ гуреб,
Лъалеб иш хутIичIо дуниялалда.

НакIкIазул хьвадиги хьухьазул инги,
Дир рекIехъ балагьун гьаризе ккечIо.
Гьорол сасалъулги сардиде ккедал,
СанагIат рекъараб къагIида  лъвана.

Хварал гIадамазул занал тун нахъе,
Бахъараб рухI гьечIин хIисаб гьабуна,
ХIатIил эгъеялда цо тIадги сверун,
ТIохдаса гIодов  лъун, лъугьана нухде.

Долъ дида гьабураб зулму-хIалалъул,
ХIакъ кин босилебан,кавуде щвана,
Щибдай элъул ишан шурун вихьидал,-
Авал звар-звадула извонокаца.

Зоб тIун тIад речIчIаял тIокIал хъулбузул,
Азбар гьадин бугин,рукъ киндай бугеб?
Гьаб дир бакI гурилан ракIалдеги ккун,
Дир лугби къачIараб къадакье щвана.

Бахани хайирги ккани зарарги,
Гьаниса лъикIилан лъугьана рагьде.
Хиял ракьулъ букъун,къвакIи чорхолъ ккун,
Чирахъул канлъухъе хъвана нуцIида.

Дир квер тункулаго танкан рагьун ун,
Гьуин махI бачIана, жаниб рокъоса,
Жаниве дун щведал щулалъиялъе,
Щинал къалел бакIал къванкIан рахана.

КъачIараб формадул гьайбатлъи бихьун,
Балагьун гьелъухъгун гьимун велъана.
Ханзаби урхъарай Асли-ханумил,
Рехун виччан тана хъупил бусаде.

Лъураб цIар рекъарай цIорол бикада,
ЦIан юргъанги борхун вахана аскIой.

Эниб лъугьан щинаб аниб рехсани,
Ал берцинал ясал ламуслъиладай.
Лъугьан щинаб къиса къватIиб лъанани,
Къорол руччабаца гIайиб чIваладай.

Сардилъ жавгьар гIадаб гIицIаб черхалъул,
Чиллайдул гъалал цIан цIункIана берал.
ЦIорол матIугIадаб хъахIаб каранда,
Килщид къунщбал кьурун къакъана курмул.

КигIан нечаниги, чара хвадида,
Черхалда гьан течIо, тамах гьабичIеб.
Гьей дикьа къунилан къецги букIинчIо,
Къанин ккана зазги зулму хIалалда.

Зодихъ бакъ хIайранаб хIасратаб лага,
Босной шур-шудана шагьадат битIун.
Шамил имамасул сонгроде байрахъ,
Сварабго хIухьелгун хIатIаде ккана.

ТIаде яхъинчIого егун хIебтIулеб,
ХIисаб суалалъул сордо гьаб гуро.
Гьабураб борцизе, бицараб цIазе,
ЦIадирал, роценал росун руго дуй.

Дир рагIул кьогIлъиян  кьалда йикIанин,
Кьурулъ гIидра квараб хухлъун щай чIарай.
Рузил гьаракьилан инжит гьавунин,
ГьоцIолъун цIункIидал цIорон щай ккарай.

Гьал дир рекIел хьулаз, хьулал нахъ чIванин,
Хьопол цIиниялъул цIалал кир арал.
ЦIикIкIарал дир къасдал къотIнор холарин,
КъвакIарал жулазул жваргъи киб бугеб.

Калам гьабулаго гьарчил цIадги бан,
Черхин гъурилилан юргъан бана тIад.
ТIокIай хIурулгIин, мун,гIедегIаниян,
ГIодой чIун телилан тункизаюна.

ГIалиюналдаса хваразул рухIал,
Зиярат гьабизе гьанже рачIина.
ЧIегIер ралъдадаса гIурус гумузул,
Мили ккун рекIине рокъосел къачIай.

Къайсарил бикаде квер щвечIониги,
Щулаго къан ккуна къаси дур курмул.
КъустIантIин шагьасул яс щвечIониги,
Щвана бахъун тезе хайбаралъул сси.

Бакъгин гьава ккураб, гьоролъ къец бараб,
КъвекIаб цIумлъун буго гордоде рузил.
Гагудул гьан кунеб гьуд-гьуд толареб,
Тайланлъун бахъана рагъиялде хъаз.

Гьаваялъул лачен нечоларедухъ,
Чаргъадил мокъилан накъищ хъвай мокърукь.
Кьурабалъ чундузги часин кколебан,
Чаларчадул хIули хIобода бан те.

ХIулун малъал гъараб гъадил гьунаралъ,
Гьанже цIар инчIони ячIа мун чIвазе.
ЧIухIараб рачIчIалда гIарац баниги,
ГIураб хIал гьабуна хIорил ордекалъ.

Ереван босулел топал квегъана,
Кубач таманчадул чвархъи-гьаркьица.
Телавур босулеб ингилис хъирим,
УргъабекI кьвагьидал ракьанде ккана.

Дун цевеса индал аманатилан,
Устулалде рехун тана гIакдал рачIчI.
ГIадан кIалъалаго ракIалде щвезе,
КIартил гIундул кьуна гъансинир лъезе.

-Лъарда полоп гIадин гIакълу щущарай,
Щай вас кIал гьикъулеб къун хадуй дида.
Къараб иццул лъимлъун лъай босун арай,
Дун басра гьайиги гьунарищ бугеб.

Гьадаб къоялъ дуда кIалъаралдаса,
КIочана черхалда хиялаца квен.
Кида вачIаниги ричIухъе тарал,
РатичIищ каваби квер тункулаго.

Чилъи дурго буго чучилин ккани,
Чара хвараб хIалалъ юхIулей дун тун.
ХIехьон чIананиги дуего хайир,
ХвезегIан бусадухъ босиларо мухь.