Къалам гаргаде мун кагъаталдехун

Махмуд Хъахабросолъа
Къалам гаргаде мун кагъаталдехун
 

Къалам гаргаде мун кагъаталдехун,
Каранзул къварилъи къватIиб бицине.
Къадар мунги хIалтIе лавхIалдеги ун,
Анищалъ росулел ясалги гьечIин.

Гьудул, дун гIадинан ал къварилъабаз,
Къо гьоркьоб инчIого, мунги квегъаги.
Гьалмагъ, дуе кьурай дие бокьулеб,
Микьго гIамал буго гIорлъун шапулеб,

Щобде гьулеб гьорол гьалмагълъиялда.
Гьадин дунги вуго дур цIар ахIулев,
Исана дур рос - рукъ къватIир чIвачIони,
Къасе макьуялъулъ бугин дирги кьал.

Кьурун мун яхъизе хIал кьечIониги.
ХIелунги теларо, туманкI щвадие,
Щайзе, гьудул, дие гьаб дунялалъул,
Дуда къвал бачIого, бачIараб рахIат.

ХIалтIиларо гIищкъу, къаларо рачел,
Мун ячарав къунцIун, къвал бан, гурони.
Гуржистан чинидул чапун гьабураб,
Гьеб дур швелешалъе щванин кето-руз.

КагIба рукъалъухъгIан гIалам урхъарай,
ГIайнаъ хъатикь ккунин хъархъил гIужрукъалъ.
Къурайшазул ясаз сан куцаниги,
Мун каранде къанин къохьол лъалкIачалъ.

Дудаго къвал балев къоркъода тIаса,
ТIон кин бахъулареб, нахъе къайчIого.
Къвал жемун вегулеб, жундузул гIабдал,
ГIадалъ гьорчоги чIван, чIинтIе боснобго.

Росдада рихараб хераб къватIул гьве,
Къан бохдулги рухьун, рехе чвахукье.

ГIенекке, вокьулев, кьелин духъего,
Бихьанщинаб къоги къараб талихIги.
Дица киниги тун тартариялда,
Рагъида свердулей яс йигеб гIужалъ.

Росдадаго тIаса балагь босун хвад,
Сардилъ вачIунаан эбелалъухъе.
Инсуца мухьги кьун, вичун восарав,
РагьтIа тел ватилин толаан дица,
Анкьго сон барай жо дун йигеб гIужалъ,
Нижер рокъоб хIалтIи гьес хIебтIулаан.

Дуниялги бегун, ракьулъ лъудие,
Кьелин дунгойилан хиял букIинчIо.
Халкъалъ гьараниги гьесул къавулъе,
Къулизе ккелилан ккечIо ракIалде.
Чидае бухъараб бадиб кьабулин.
КьечIо дихъе загьро гьав хвезавизе

Халкъ бижарав Аллагь, борохь ракьалда,
Дир ракI кьватIизегIан, гIумру кьун тоге.
ГIаламалъул эмен, Адам авараг,
Дур наслуялъул вас вугищ гьав дир рос?

Щобде гIансил къули бикъарай дида,
Къвал базе вижарав балкан вихьулищ?
Щайзе къваригIараб, къабул гуресул,
Къвалакь араб гIумру, кигIан кьуниги?

Кьижараб бусада наслу тIагIадил,
Сунсуниялъ дие макьу толаро.
Вахъун унелъулги, эбел хваясул,
Рузилгун хисараб хасият буго.