Маргъалалъ къачIараб, якъут бессараб

Махмуд Хъахабросолъа
Маргъалалъ къачIараб,якъут бессараб

Маргъалалъ къачIараб,якъут бессараб,
Къиматаб черхалъухъ чапун буго ракI.
БагIар меседалда тIад варакъ хъвараб,
ТIокIаб лагаги лъан,лъай босун буго.

Нусабго саналъул гудурги бахъун,
Бахъизин къватIибе тIулалъ бугеб цIа.
ТIолго мацIалдаса печатги бекун,
Каранда бугеб кор лъазе гьабизин.

Гьаваян рокьиян рукьбалъ кваналеб,
Квенгун макьу тараб кьалда вуго дун.
Балаян гIищкъуян гIакълуги тIагIун,
ТIаде ругъун гьечIeб рагъде ккун вуго.

РухIалил унтиялъ турун бугин ракI,
Тоге жанибилан жинда бугеб хIал.
ХIасраталъ бежулеб жаналъул бухIи,
Макьилъги гIодула,гIарзалъ айилан.

Унго ле йокьулей,рокьиян абун,
Бихьулищ дир унти-тамашаяб жо?
ИяхI,рекIел гьудул,гьалда цIарго щиб,
ЦIоролеб, хинлъулеб, хадув гъолареб?

Дун кьолон квегъулел ургъалабазда,
Бадибе хIацIу тун,тезе гьаве дун.
Дида къвелъ бан рекIун ругел балагьал,
Балагьун чIечIого,чIван рехе дуца.

Дида къварилъиялъ къвал жеманагIан,
Мун гIодой къулулеб къагIидаго щиб?
Къойил дагIба бугин диргин гIищкъудул,
Дуца жаваб гьабе,гьудул ятани.

Дур бицен гьабуни,гьуинлъула мацI,
Найил гьоцIо босун цIункIулеб гIадин.
ЦIар рехсон ракIалъе свакайго гьечIин,
Сундулан абулеб эбелалъ дуде?

Байдаби гIуцIулеб гIурччинаб мина,
ГIаршгIан борхалъула мун яхунеб тIох.
TIамах бортулареб тамрудал кIвагьаш,
БайтулмагIмур буго тирулеб рагъи.

Радал-бакъанида,къвалакь кверги чIван,
КъватIий мун яккани,ккола бакъгин моцI.
ЦIорол рукъзабахъан мун цIаюцIани,
ЦIва-кан тIерхьун уна хьухьикьан гIадин.

Дуда данделъараб нухда хIайванги,
ХIайранлъун хутIула, дур хиял гьабун.
Дуда хадуб балан херал чагIаца,
Чвахун магIу тIола гIолохъанлъиян.

ГIалхул чундул руго чапун тIагIунел,
Чараб формаялъухъ гьинал ракI бахъун.
Нухъби хIулун руго,хIанчIи хун руго,
ХIатIил росиялъул санагIаталъухъ.

Симис меседилаб маргъалул чадир,
Чорхол гьунар хола,гьимун елъани.
МицIир варакъулаб къадру бугеб таж,
Къулун мун йорхани,хвалде ккола дун.

Халкъго хьвадулеб нух,борхатаб кьуру,
Гьоркьор нугIзал руго дур рагIи хвани.
ГIурул щакъиялда гъотIол къалам ччун,
Хъвараб къотIи буго ятIалъилилан.

Къан бухьараб хIанчIихъ чорхол рухIги ун,
Чияр ростIа буго свердулеб дир ракI.
Чармил синжир бараб жайранги бокьун,
Ракь батIаяб ботIе ккана дир рокьи.

Дуда аскIой ккарав инсанадаса,
АнцIго къо баниги,къотIуларо махI.
Къаси егулеб рукъ,бакъ бугеб гIадин,
Къол нухалъ бихьула бецIаб сардида.

Дунял-гIаламалъул гIакълу босарай,
ГIайнаан цIалдолел цIваби рукIуна.
ЦIорол мусудузул лугби сурарай,
Саратан хьвадула хьухь зобалазда.

Замзамги загьрулъун гьадин дунги тун,
Гьудулги къвалакь къан,мун рекъеларо...
Къадги канлъи гьечIеб рокъов дун тIамун.
Къаси чирахъухъе чурхъе дуниял.