МегIер квараб мехалъ гIаладул гIадаб

Махмуд Хъахабросолъа
МегIер квараб мехалъ гIаладул гIадаб…
 

МегIер квараб мехалъ гIаладул гIадаб,
ГIамал букIун буго дир йокьулелъул.
ГIидраялъ гIорцIараб кьегIер кинигин,
Кьуркьуди цIакъ буго нухтIа унелъул.

Нахулъан рас гIадин росула хIатIал,
Росулел лъачIого,лъайда гьечIого.

Я дур кьуркьуди щиб,кьенсер-бер чIегIер,
Кьили чIвараб мехалъ тай-гIала гIадин?
Черхалъул кIибикIди,кIудияй гIеяй,
КIудаб даражалде яхарай гIадин.

-Даражаялдеги дун яхуней ан,
Мали чIвараб ани чIухIав вокьулес.
ЧIаго алжаналда нилъ рукIинаан,
Дуца кумек гьабун квер ккурабани.

Чакарул каранда тун хьихьилаан,
Таманай кIалъана,-кIварцин гьабичIо.
КIарчамаб кьолбоца кьуна дун чидай,
Чапун уней йигин,ихдал цIер гIадин.
Кьуризе рес гьечIей росасул лъади,
Рос вихьухъ гурони,кинха хьвадилей...

Диде чан гьабуге,чергесаб лага,
Чиллайдул рухьаца юхьун йигин дун.
Чалухал бераца ишан гьабуге,
Иш лъалел гIадамал гIемерал ругин.

ГIадамал щаклъула,щайтIан къинлъула,
Щола ячарасде кьабгIун тел тIаде.
Кьола дие гIазаб,вас, мун сабаблъун,
Сабру гьабун чIа мун къокъаб заманалъ.

Дургусеб чан телеб,чорхол куц берцин,
Чабхил хабалъе дун чучараб мехалъ.
Чалухал бераца ишанал тела,
Гьудул къокъунелъул къо лъикIлъийлан.
Къанабакь руссиндал сандусил берал,
Гьеб мехалда тела мунгун гьаб рокьи.

ТечIого чара щиб,чалухав гьудул,
Дун жаний хьихьанин,хьвадилин хIинкъун.
Чарагун гIамал щиб,гIазизав гьалмагъ,
ГIадалаб кьибилги кьал ахIун чIанин.

Рукъалъул къварилъи къадада лъала.
Дир рекIел къварилъи дидаго лъала.
Мун вугеб сверуде сверилейилан,
Синжир бараб дида хIалихьатица.

Аб дий гIадаб чIухIи чIвагеги данде,
ЧIаго дунялалда,дун абурасда.
ЧIегIер тушманасда бихьуге,бечед,
Дида бихьанщинаб, хIехьон бугеб жо.

Рухьада ци бухьун хутIаги,Аллагь,
Дун гIадин къваридго,къабул гурев щун.
Къиблаялде юссун как бананиги,
Капурлъун бугеб дир ургьиб гьинал ракI.
Дуде ургьиб гьинал ракI балагьунан,
Балагь бачIун буго дир бетIералде.

Мунгун калам гьечIеб,квен билълъунареб,
Кутак бачIун буго дир бетIералде.
Габур къулун буго къорица ккведал,
КъватIиб нух щолареб щулалъуде ккун.
Щоларо,вокьулев,бокьухъ хьвадизе,
Кквезе гудур къачIай,къабул йигин дун.

-Аллагь,рукъ бухIаяй,чорхол куц берцин,
ЧанцIулха угьдилев дун дуда хадув.
Чапун гIодой ккаяй,гIолей чидар яс,
Дир чара бухIизе бицунеб рагIи.

Мугъзалъан тункараб каранлъан баккун,
Каранда гьаруна ургъалил ругънал.
ТIаде загьирлъичIеб,загьруги бахун,
Зигьно-гьайбат буго бухIизабулеб.

Чалухал ясаца цеве ккурав дун,
Дун нахъе гьавуна хъвачIеб къадаралъ.
Дунялалъ мугъ байдал гъаримлъичIев дун,
Йокьулелъ мугъ байдал гъаримлъун ккана.

Дунялалъул рахIат цебе ккун батун,
Цересел къоязухъ къойил угьдула.
Цере нилъ рукIараб мех ракIалде щун,
Мехтарав чи гIадин,чанги гIодула.

РахIматал цере ккун,балагь нахъе ккун,
Бана дуниялалъ дида гор магъакь.
Магъкьил багьа гьечIел рекIараб мехалъ,
РекIарав дун рещтIун ракI кин букIинеб...

ВукIунаро валлагь,кIоларо чIезе,
КIицIулищ вачIинев дун дунялалде!
Дуе гIазаб кьолеб гIужрукъилаб рухI,
ГIизраилас гIадин,дица бахъила.

Мун ячарав къунцIун,къвал дуда бала,
Къвал барав чIван рехун,чIалал рахъила.
ЧIегIер сибиралде бухьина сапар...
Щайха дие дунял йокьулей щвечIеб?..
Бакьангуро росу,росасе мун ун...

-Ният лъикIаб гьабе,лъикIав бархIарчи,
Лъадай магIу гьекъон гьудулги йигин.
Алжан щваяв гьудул,щукруялда чIа,
Щиб сунде ккелеблъи лъаларин дунял.

ЩайтIаналъул гIелгун гIамалги рекъон,
ГIодоб би тIезеян хиял гьабуге.
РахIматлъун балеб цIад захIматлъун бихьун,
Нагагь гонгикье ккун габур биччила.

Макру-хIилаялъе хIалай лъугьа мун,
ХIалихьат вичила,лачен босила.
ХIилла-макруялъе дун гIемер цIакъай,
ЦIунун яс хутIизе кинго рес гьечIо.

Маххул хъалаялъув хъаравул таниги,
ХъахIал ясалаца гIамал толаро.
Хъалаялда жаний тун хьихьаниги,
Жиндий вокьарв чи ракьанде цIала.

Дуе бицун рагIи дир хвеларо, вас,
Хиялазул цIеца дун юхIаниги.
Хваниги чIеларо яриманида,
Яравул гьабун те дурго чуялъе.

Мунго хIалтIичIого дунго хIалтIила,
ХIалтIуде тIамун те исана рии.
РагIи рагIуда те,дир гIамал берцин,
ГIадамал квешлъараб замана бугин,
ГIоралдаса буран цIалеб гIадинан,
ЦIале,вас,дуниял дуйго бокьухъе.