Меседил рукьбазда рокьул шавкъ бугей...

Махмуд Хъахабросолъа
Меседил рукьбазда рокьул шавкъ бугей...

 

Меседил рукьбазда рокьул шавкъ бугей,
Шамалъул бикаде казият хъвазин.
Кинабниги черхго чинидул тIурай,
Чараб пинтаялде бахъизин пирказ.

Дур гуреяб тадбир тейилан абун,
Айрупалан буго падишагьас тIун.
ВахIю рештIунебги гIадат гьечIелъул,
ГIипритищ бачIунеб,йорчIа мунилан.

МугIрул тIегь бакъвала тIураб къоялъго,
Рукъде юссани,яс къокъид херлъула.
Ссвани чирахъалъул чвархъан нур суна,
Росгин сверданагIан сси дур цIикIкIана.

ЦIорол матIуялда тIад накъищги хъван,
ТIокIаб лага буго бижун ракьалда.
Черхалда ретIелан тIолго нур буго,
ТIокIаб хадуб гъолеб хасият гьечIо.

Халкъго ургъаниги,эл дур къунщбузда,
Бихьинал-цIуязда цIарго лъаларо.
Диван-суд къотIулев къебед щоларо,
Къайис ахIтIаниги,эл дур гъалазе.

ЦIураб рокьи бугеб гвангъараб нодо,
Кинандай гьоркьоса гьедин йижарай?
Бакьулъ расен бугел висрудал кьунсрул,
Кьун йиго,унгоха,эбелалъе яс!

Бералин абуни,ана дирги лъай,
Лъалеца хал гьабе,хенола жанир.
Харде тIегь гIадинан тIокIлъун рижарал,
КIиябго гIоноялъ гIалам къосуна.

МогIрол сураталъул сипат гьабуни,
Сундулан абилеб элда инсанас?
Эл дур кIаркьабазул кьералда лъезе,
Лъалеб цIарго гьечIо,цIеран тун гурел.