Мун гIакъил ятани гIинтIаме рагIухъ

Махмуд Хъахабросолъа
Мун гIакъил ятани гIинтIаме рагIухъ…

Мун гIакъил ятани гIинтIаме рагIухъ,
ГIисал инжилалъул аят цIализин.
АхIмакъ ятичIони ячIа хал гьабе,
Мусал тавраталъул табасилазде.

Ссудулеб рекIеда рекIараб цIалъун,
ЦIунун буго рокьи рукьбазда жаниб.
БухIулеб каранда бакун кор боркьун,
ХIехьон буго балай балагьлъун рукьбалъ.

Лугъат Карамил лъун китбат Къайсил хъван,
Къалмиде чучула чара хведал черх.
Хиял Аслил гьабун Гьиндил цIар рехсон,
ЦIад гIадин чвахула чалухал берал.

Чергес гIалаялъул гIанчIаб тагьиялъ,
Толаро хIалалда,хIалхьун вохизе.
Хайбар хъалаялъул хъахIаб жайраналъ,
Жанир рукьбаздаса кьер инабула.

Гьедин духъ вухIулев дир хIал лъаларей,
Лъимеран мун тани,батиладай хIакъ!
ХIасраталъ виунев дун вихьуларей,
Хьухьищ бадиб бугеб хьвадулеб дуда ?

Дир духъ ккараб рокьи бекьани ракьулъ,
Рокьи тIубачIезе тIугьдул раккила.
ТIун кодоре росун, махIал сунтIани,
ХIасрат бергьаразул ракI гьогьомила.

Гьедин духъ бергьараб гьалагаб рокьи,
Гьорохъе кьун ана, бокьараб лъваян!
Кьурас талихI босун, рес бугес мун ккун,
Кколеб бакI батилин, бортизе биччай.

Зодихъ лаченалъе бусен щваниги,
Щоларо дие бакI мунгун кIалъазе!
Щунгъаргун кьал ахIун хIинчI бергьаниги,
ГьечIо дурги къотIи тIубалеб дие.

TIалил най свердула тIогьол мугIрузда,
ТIолго сси духъе ккун,ккана духъ рокьи.
Кьурул чан бахуна борхаталъубе,
Халкъ духъ инагьдидал, угьдана дунги.

ТалихI кьун йохаяй ххамиде терек,
Тоге виинегIан бугин гьарулеб.
Логол тIегь битIаяй тIогьоде гIидра,
ТIуладе цIан щвала,цIар ахIулаго.

ЦIорол матIуялде тIаде хIур ккани,
ХIинкъадго бацIцIуна цIваки хвелилан.
Халкъ бецIцIун тIагIараб тIадагьаб лага,
ТIун ракьгун инилан ургъел букIуна.

БагIар меседалде тIухьи  тIинкIани,
ТIад кьер холаредухъ босула нахъе.
Нухъби хIайранлъараб хIеренаб дур черх,
ХIинчIлъун йоржинилан жундул рачIуна.

Живго хIайван гурес хIал баччулареб,
ХIикматалда буго дур хIара бижун.
ХIурулгIинзабазул магIу чваххараб,
Чалухлъи кьун буго кьерилалълъ дуе.

Кьалаб балагьигун,гьагаб рокьигун,
Кьурулъе ккун вуго,нух батуларо.
БухIараб гIищкъуялъ,гIадалаб шавкъалъ,
Къун анкьго талихIгун терелев вуго.

Тамаша кьерилал тIабигIат гIамал!
ТIолго ралъад къина, къагIида хъвани.
КъутIбуялъул буго гьелъул гьурмал нур,
Гьецо-цIул сверила,сипат гьабуни.

НагIли-якъуталъул гъажабазда тIад,
ГъалбацIил ракI кколел курхьаби руго.
Кагьру-гIамбаралъул килщада хурал,
Харде тIегь бакъвалел баргъичал руго.

Жундуз магIу тураб тIад дун вакъвалеб,
Къула-йорхи буго гочи берцинил.
Дур нилъазул цIваки цIердал сурахIи,
ЦIарухъе чи хвела,хиял гьабуни.

Щакъи кваличIого, канлъи хъвачIого,
Киндай кьер гьабуна дур кIаркьабазда!
Гьалун жавгьар тIечIеб, тIад накъиш хъвачIеб,
Нахъе гIилла гьечо гIанабазе тун!

ГIадамал суризе,ясал сорозе,
Ясберал гьимула гьел дур беразул.
Балагьарал кIотун, кIалъарал мехтун,
КIудияб кьал буго дургин кьунсрузул.

Зодил тIавусалъул тIанчIил рачI буго,
ТIун рекъезе гьабун, къунщбалин абун.
Къубдуз накъишги хъван,хъахIаб маргъалул,
Гъун буго дур нодо дир гIакълу ине.

Росасе аразул сси букIунаро,
Ссини борхалъана халкъалдаса дур.
Ригьде руссаразул къагIида хола,
Къадруги тIокIлъана, лъимер гьабидал.

ЛъагIел цIан къочунги къеч буссинаро,
Къваридаб каранде кодой мун щвани.
Кидаго тIаса бер босилароан,
Урхъи буссинегIан сипат бихьани.

Бицен гьабунагIан,гьалаглъи гуреб,
Пайдани бахинчIо дудасан дие.
Духъ бергьараб хIасрат хIехьон чIанагIан,
Зодихъе яхана,хваян дунги тун.

Хвалда къосаниги, къаникь лъуниги,
КъотIи буго рекIел дуда къвал базе.
Берал рухIаниги,рухI бахъаниги,
Яхъизе къасд буго мун къориниса,

Гьава цIоронани цIцIер чIвала иццда,
ЦIар ккунищ ахIилеб унтуе дару?!

Чанги соналъ тана туризе жаниб,
Духъ биунеб черхги чапулеб ракIги.
БажаричIо хIехьон хIасратаб балай,
Гьанже каранде къан къвал бан данде цIай.

БахIрул къузумалда гъанкъулеб къоялъ,
Къварилъи кканадай ПиргIаний дийгIан?
ЧчугIил чохьонисан лълъунеб сордоялъ,
Юнус хутIанадай дунгIан пашманго?

Гьороца росарал самудилаца,
Сардал рогьанадай дица духъ гIадин?
ТIупаналъ гъанкъараб НухIил къавмалъе,
Къварилъи кканадай дие гIадинан!