Пиялъул, тIиялъул тIад расен гьабун...

Махмуд Хъахабросолъа
Пиялъул,тIиялъул тIад расен гьабун...

 

<Пи>-ялъул,>ТIи>-ялъул тIад расен гьабун,
Cанаал гьаризин,гьудулги рехсон.
<Мим>-алъул,>Ти>-ялъул маратибазухъ>
Танкан цIа рекIуна ургьимесалда.

Дуй гIумру бичарав лаченгун кьаллъун,
Чаргъадил бусада сардал кин унел?
Бартиян цIарги лъун цIухIамаялда,
ГIарцул чангит бана чара хвадица!

Ханусал илхъидул айгъирилан ккун,
Ябу чуги кьолон,чабхъад кин уней?
Канлъи тIокIаб панар свинеги гьабун,
Cсилъунищ бихьараб бецIаб рокъой чIей?

ЧIаго къаникь юкъи къабулги гьабун,
Балагье гьудулалъ гьабулеб зулму!
Зазил гIанкIгун босноб сардал рогьарай,
Самаалъул хIанчIихъ бухIула керен!

Куркьбакь расен бугеб мугIрузул гIанса,
ГIабдалгун чучизе чийищ тIагIарав?
ГIарцул расен бугеб сагIдияб нода,
Сардил макьуялъул кьалаб рагъ буго!

Гъулдулъ руссун бугеб сурмияб гигу,
Сунде юхьаниги хIехьонищ чIолей?
ХIули варакъулаб къиматаб гьудгьуд,
КъотIе хIатIидаса хIалихьатил кIичI!

ЧIурканаб черхалда чергес формагин,
ТIохазде яхани,хвезе вахъуна.
Хъорсол ябуялъул рухьен тIунани,
TIолго халкъ бакъвала Къайсарил бикахъ.

Кагьру-гIамбаралъул ГIусманил чадир,
Чидае иналде лъарай ани мун.
МугIрузде ахIдолеб хIубараялъул,
ХIатIил росиялъухъ сорола лугбал.

Сахратулагьалде ахIдолеб микки,
Ккураб кIичI тIелебин,тIепун йикIунге.
Турисайнаалде Мусал гIансилги
МугIжизат букIараб ралъадал къунеб.

Къваридаб хобалъуб гIазабал цIикIкIад,
ЦIан вехъерхъун, рехе росдал къотIнове.
КъватIул гьойда гIадин гьарчалги речIчIун,
Росулъаго хъаме хъубаб мугIрул гIункIкI.

 - ГIенекке дир рагIухъ,гIазизав гьудул,
Дуниял тадица толарин йиччан.
Щибилеб,вокьулев,кьечIелъул талихI,
Тезе буго росу кIиязго цадахъ.

Дирги дурги унтуй дару щвеларо,
Дунги къвакIичIони,мунги хIинкъани!

ХIорил къверкъалъулгун къадар биххизе,
Бай черхалда ярагъ,гъулдузул лачен!
Чияда лъалилан балъго цIунараб,
Борхе рокьул байрахъ халкъалда цебе!

Балъго къвал жемиги,жанивго чIейги,
Гьудул данделъулеб дару эб гуро!
Горбода къвалги бан къотIи гьабиялъ,
ТIубаларо мурад рокьи ккаразул.

Зодил бакъ хIайранай хIурулгIин щвезе,
Щай рачел къалареб,къвакIараб гъалбацI.
Гъуни гIайибазул дидеги гьабун,
Дурги чилъи гуро чидакьа къун чIей.

ЧIараб ралъдал тIинде тIамурав гьудул,
Дур гьунар батани,тоге гъанкъизе.

 - Жаниб магIдан бугеб Шаддадил Ирам,
Дунги ваханани,холебищ къадру?
Къайислъун мугIрузда къоял арал дир,
Дуй тасбихI гьабулел хIанчIахъ гIенеккун!

ГIалхул чундузда гъорлъ чармил кьурабалъ,
Чан сон инеб гьечIеб угьдулаго духъ!
Дару батулареб унтиги хIехьон,
АскIов дун вачIиндал чIухIунцин гурищ?

ЧIурканал лугбузул бугеб гьаваялъ,
Гьаглъун дун вугелъул,дирги гIайиб щиб.
Дийго щвараб нигIмат гIорцIизегIан кун,
ГIайиб чIвачIониги,чIваларо бадиб.

Бокьараб гьабизе дур буго кверщел,
Щвараб давла босе нусабго логол...

Гаргар-каламалъул кепал лъугIидал,
Дару гьаб бугилан хурхана жийго.
Жаниб ракI гьалулеб гьавагин гIищкъул,
ГIарз босун тIубазе тIаде рахъана.

ХъахIаб гьумералде тIаде къулидал,
Турун ана гIакълу гIипритлъун зодоб.
Загьру гьекъон хваян къаникьлъудги тун,
Къвалакье ячана чабхил гIамирко.

ГIайнул хIаяталъул хIорил лъим щведал,
Щибаб лагаялъул мурад тIубана.
ТIаде рахъиналъе сур пуйгIан чIезе,
Сегъон данде къана,къотIиги гьабун.

Къаникьги аскIоса ричIиларилан,
ЧIварал килщал руго кагътил рагIалда.
ГIадамаз бицине,кици букIине,
Бахъана казият нахъа ругезе.

Рокьул кьогIлъи лъараз,гIищкъул цIа лъураз,
ЦIуне дир хIурупал хIарп хутIичIого.
ТIад гъолбасги гьабун,Гьиндал къисаби,
Къаникьеги росе,рес рекъанани.

Къайисилгун Лайлал,Карамил Аслил,
Кисралгин Шаринил,ТIагьиргун Зугьрал.
Шагьсенем,Гъарибил-гIащикъзабазул,
Къокъал жал къисаби диралде данде!

Дол бану ГIамирил жеги Ахялал,
Хияллъун рикIкIана дир хIал лъалеца.
ХIатта Къулайбил вас КIудав Кананги,
Киса эсул гIищкъу диралде щолеб!

Лубна ятIалъидал ЗурайхIил магIу,
Зодил цIаралдасан цIикIкIананиги.
ЦIцIадай магIу чвахун,хадуб би арав,
Инсан ватиларо кинго дун гурев.

Кини таралдаса керен духъ турун,
Таманав кIвекIана,кIваричIо гьанже.
Гьаб жакъад гьудулгин гьабураб кеп гIун,
ГIенеккун вукIана гIурдалъ лъезегIан.