Почтовой кагътиде керенги чучун

Махмуд Хъахабросолъа
Почтовой кагътиде керенги чучун…


Почтовой кагътиде керенги чучун,
Чорхол бухIиялъул хIохьел угьизин.
ХIежалъул къалмиде къварилъи бицун,
Къокъаб гIарза хъвазин хъахIмиккиялде.

ХIурупал магIилал,магIна гIищкъуял,
ГIибаратал ана ГIунайзатиде.
Алфазал багьаял, багьа хириял,
Харилъе тIегь гIадал хъвана шигIраби.
Шагьзаби щущарай Шумайсатиде.

МоцIрода гьикъула, бакъгин кIалъала,
КIвеларищ босизе салам дудеян.
НакIкIуда гьарула, гьорой хIелула,
Дур хIакъикъат лъани,лъазе гьабеян.

ЛъагIалил соналлъун сардалги рорчIун,
Дида гьаб гIищкъуялъ къвал бан бугеб куц!
Къойил цо-цо минут моцIлъунги бихьун,
Бихьулищ гьаваялъ гьабулеб зулму!

Гьанада чапулеб, чорхолъ кваналеб,
Кида кIочон телеб дур кIалзул калам?
Каранда кьвагьдолеб, рукьбалъ гьалдолеб,
Дур къулиялъ буго къвакIан мугъ бекун!

Къо-мех лъикIан абун кIалъазе щвечIей,
Щайдай чара хвана чидар ясалъухъ?
Черх дир бакъваниги, балагьуларей,
Бегьилищ вухIизе хIурулгIиналъухъ?

ХIасрат цIикIкIарасе цIар щолебани,
ЦIер гIадин дуниял дир букIинаан.
ЦIикIкIун хиял лъурав хан лълъунев ани,
Халкъалъул ихтияр дихъе щвелаан.

АнцIила щуйилъе шагьри моцIалъул,
ЦIаран ахIдолев дун ахIмакъни вуго.
Къалъул завалалда зодил бакъулгин,
Къец гьаби гIеларищ гIабдаллъи дирги.

Дунял рогьунаго, гьогьомула черх,
Гьиндил махI бачIунин гьород босунан.
Бакъ тIерхьун унаго,  тIул-ракI бухIула,
ТIавусил росолъни сордо кисаян.

Сардилъ угьдилаго гьалдолеб мехалъ
Дир керен бухIулеб махIго чIваларищ?
ХIисаб гьабулаго, накIкIлъун угьарал
Хьухьал рачIунарищ дир хIохьелалъул?

Дунял хисун бугин хаслихълъиялде,
Хиял кинаб бугеб дур керемалда?
Хасел чIезе къоял къокълъулел ругин,
КъватIибе рехизе хабар гьечIищ дур?

Рокьаралгин гьимун, гьагалгин елъун,
Гьудул, мунго рокъой парахат йикIа.
Къиралзабалъ вагъун, зоб-ракьгун кьвагьдон,
Дун кьалда вукIина, дур кьучI лъазегIан.

Кьергин гьангин гьава гьазул ясазул,
Гьадинан абизе анищ гьечIоан.
Алжаналда гIурай ГIайнаидаги,
Дирни бер гIоларо,дуда гурони.

Дунялалда ругел цIвакаралщинал
ЦIуял жал руссараб бакIги гьаб буго!
Гьаваялда щварай Гьинд йигониги,
Гьудул,мун гурелде дирни ракIалъул,
КIибихъун хваниги, хиял лъуларо.

Халикъас халкъ бижун жакъалъизегIан,
Жакъад диде гIадаб къо киса щолеб,
Къалъул завалалда зодил бакъуца,
Къо лъикIан абидал угьдула керен.

Кагътил къотIигIаги къанагIалъарал,
Къоял рачIун ругин рукъ бухIадиде.
Къалмил щекъералда щакъи бакъвараб,
Щун буго дуниял дидаги тIаде.

Дир гьудулзабазул гьарункагътазул,
Гъунал рукIунаан некIони диде.
Дун цевеса индал, эбел хваязул,
Хиялал ратила турун хвагиян.

Хасало цIадги бан, зоб роцIунаро.
МугIрузде гIазу бан, гIурухъ цIер чIвала...

ГIайиб чидада чIван, дун кIалъаниги,
КIудияб хIакъ бугеб къавлу букIина.
Къуръан цебеги тун, инжил цIалулев,
Аллагьас какарав капур вукIуна.

Кинан дун гьедилев, гьанжеялдаса
ГьечIин гьал гIадамалъ гIаданлъийилан...

Най тIогьоде уна, тIутI къеда чIола,
Къадру цо батани, бице дидаги.
Царал хIиллаялде цил бахIарчилъи,
Бахунарин абун халкъалъ къец ккола.

Къоял кьижун арал, сардал рорчIарал,
БачIуна дуниял дидаги  цебе.
Дирго тадбиралда тира-сверулев,
Толаро рекIеца, кIвечIин чIезеян.

Нужеда дир балеб дагIбаго гьечIо,
БачIунареб кагъат буго квеш букIун.
Каранда хIаллъулеб хIохьелги гьечIо,
ХIалай бакIлъун буго лъалареб хабар.

Рогьалил макьуялъ кьаралъарав дун.
Радакье чу кьолон кьалуй чIун вуго.
Чияр рагIабазул хал гьабичIеб черх,
Час ккунги гIоларо, гIайибги чIвала.

ГIалхул чанил буго черхалъул гIамал,
Чияца рухьада бухьун хьихьараб.
Рохьазда ритIучIил буго тIабигIат,
ТIуризеги къачIан, къан гудрад ккураб.

Къойил эбелалъул букIунаан кьал,
Дун вугеб рокъове къаге чийилан.
КъотIноб гьудулалъул гьаракь рагIидал,
Гьелъухъ гIенеккани, гIад гьавулаан.

Исбирнаги ахIун, чIараб мехалда,
Аставитин абун тезе гьабула.
Истановисилан, равнейисилан,
Бицунго пайда щиб, щиб-щиб жо бугеб.

Цо абураб рагIи атказ гьабуни,
АнцIго туманкI бала такъсиралъеян.
КъватIиве чи ани, изну гьечIого,
Подшашкаян абун амру гьабула.

Гьеб балагьалдаса бичасул цIобалъ,
ВацIцIад хутIун вуго,хирадай гьудул.
Харда тIегь балелде тIад вуссинчIони,
ТIолго щолеб балагь диде букIина.

Булдул, гIащтIал руго гIолохъабазул,
Рачлихъ, тунчул гIадин, гIодоре далун.
ГIурус пелшерзабаз, щула гьареян,
Щивасул хвалчада чIартал рухьана.

ТIогьир хучдулгун чIван, тункIалги кьуна,
Кьалде рортилелде тимар гьабеян.
Гьездаго аскIосан кIукьмахал рана,
КIинус-нус патиран бана гъажалда.

Бицун чIалгIунареб чIамучIаб хабар,
Халат гьабунилан гIайибги чIваге.
ЧIобогояб кагъат кодой босеян
Кин дуда абилеб, Аллагь разилъад?!

Рагъул хабарали, хирадай гьудул,
Ххамиде терекгIан гIемер бугоан.
Рокьи гьоркьоб гьечIеб кьалул хабаралъ,
Кьоларо дие кеп, кин бицаниги.