РакIалъул къварилъи къалмиде чучун

Махмуд Хъахабросолъа
РакIалъул къварилъи къалмиде чучун…
 

РакIалъул къварилъи къалмиде чучун,
Къокъаб гIарза кьезин ГIунайзатихъе.
ГIайнаил кайфият кагътиде босун,
Дун вугеб хIал кьезин ХIабибатихъе.

ХIасратаб шавкъалъул щвараб гIуруца,
Восун унев вуго дун куц берцинихъ.
Каранзул хIохьалил хIурупал расун,
Рисалат битIизин Зугьайратихъе.

Зодил лавхIалдаса хIукмуги къотIун,
Къирарлъун мун чIедал чIалгIанин дунял?
Дургун хIал чучарал, къвал бан угьарал,
Къоял ракIалде щун щущала лугбал.

Бераз кеп босарал, калам гьабурал,
Гьуинал хIалазул хIасратал сардал.
ХIажрул-асвадалде къокъунеб булбул,
Дур къулидул чIорал къан руго рекIелъ.

Къилба ГIарафалде сверулеб гIанса,
ГIадаллъулев вуго дур каламаца.
Керен угьулареб, ракI гIодулареб,
ГIайнаъ, мун сабаблъун сордо рогьинчIо,
Сабаил Билкъисан къацандулареб
Къойил сагIат камун дида батичIо.

Берал чалухасе, черх узданасе,
Чорхол къуват хвезе мунги къвакIула.
Къоялда нур балеб багIар бакъуца,
Дун къаварид гьавизе макру ургъула.
Рукъалде кьал ахIун,кьолбоде рагъ бан,
Ругъун гьечIеб унти ургьиса инчIо.
Агьлу-хъизамалцин зигардилел тун,
Загьратил бицинчIеб сордо рогьинчIо.
Дунял-гIалам ургъун урок кьуниги,
Кьенсералъе сипат бажариларо.

Женалгин гIифритал данделъаниги,
Беразул берцилъи хъванго кIвеларо.
ХъахIаб чиниялде гIанбарги хьухьун,
ГIанаби хъван руго хъахIаб гьурмадул.

Гьава жаниб бессун,багIарлъи кIутIун,
КIутIби руго къачIан къурайшиялъул.
Къудус-сабаалде Билкъисдай щвана,
Щвемещ-щекъералда щакъи хъван тезе?

Хириял рухIазул хIавраъ рештIундай,
ХIикматаб мацI малъун цIалдезайизе.
ЦIергун маргъал биун гъурал цабзаца,
ЦIваки моцIрол бикъун къасде нур чIола.

Къалъул зобалазул багIарбакъуца,
Бакараб нур бикъун къаде гвангъула.
Къунщбузда нур чIарай, Курсалда гIурай,
Калам гьабулаго, гьимун елъула.

Гьурмадул гвангъиги гъалазул бикьи,
Балагьун дун хвезе,ххан риччан тола.
Махлукъат къосине къутIбуяб лага,
Къвалакъ квералги чIван къватIий яхъуна.

ЧIухIдае сварулеб сурмияб микки,
Сси камиллъун ккезе къватIий сверула.
Сабру гьабун рокьи гьабунаниги,
Гьагаб кьалулъ вуго дунги гьаглъулев.
Гьаваялъ, рокьиялъ кьалде цIаниги,
ЦIилазда цIа рекIун вуго вухIулев.
Жаниб жан жемардун, хиялал гьарун,
Гьава цIикIкIун ккана цIадул коралъги.

Каранда кверги лъун гьарун вачIани,
Дур умумул дида гурхIилародай.
Габур сверун къвал бан убач гьабизе,
Унго,изнуги кьун,виччалародай?

ВухIун хвананиги,харде тIегь гIадин,
Къвал дуца бачIого къабуллъиларо.
Къаникь вукъаниги,гIазаб кьуниги,
ГIунайзат щвечIого дун вукIинаро.

Дагъистанго ургъун данде чIаниги,
Дудаса квер босун дун кваналаро.
Каранзулъ бугеб къасд,ракIалъул мурад,
Гьеб жо тIубачIого кинго чIеларо.