РакIалъул къварилъи къалмицаги хъван ХIамузде

Махмуд Хъахабросолъа
РакIалъул къварилъи къалмицаги хъван… ( ХIамузде)
    

РакIалъул къварилъи къалмицаги хъван,
Къваридав чучизе чвахана магIу.
Черхалъул хIакъикъат кагътиде босун,
Каранзул хIалалъул угьана хIухьел.

ХIамул хун хутIарал тIунклухъ балагьун,
Берзул нур босараб сордо-къо щвана.
Къадада ригъарал гъалдирал рихьун,
Дунял чIегIерлъараб бачIана заман.

ГIешдерил хIалтIуца хIамул хвечIого,
ХIалхьун чIечIин мунан чIоларо росу.
<ЧIчIвадикIкIалабахъа> миччил баччиялъ,
Мунгоги хвелилан халкъ къацандула.

Къадалъа тIилаца,тIохил гонгаца,
ТIубаларин абун авал семула,
Сардилъ ракIарулел кIкIверкIкIил сумазул,
СанагIат гьечIилан руго гIадамал.

Рукъалъул бокIон цIун цIул бугеб мехалъ,
ЦIадухъ рукIараца кIалал гьикъула.
КъватIахъ квачан хадуб хинлъизейилан,
Хасало рачIунел чIухIун ругеб куц.

ЧIваге,ле,гIадамал,гьедин гIайибал,
КIалъачIого дида кIоларин чIезе.
ЧIухIдае кан бакун,копое цIул лъун,
Кепалде аралги рукIанин къоял.

Дир чIегIераб хIама чIагояб мехалъ,
ЧIалукье бахараб мачIу букIана.
КIиябго тулпаргин теролеб мехалъ,
Таманал гьардана,гьаби,нуж дида.

Гьанже дун гьардонан гьабизе гIайиб,
ГIураб балагь гурищ бегьараб диде.
ГIучI цIулал гьечIого чIвазе кканин нахъ,
ЦIаго бакичIого,рукIунищ нужго?

Нахъа жал хIурулъ тун хIамул тIагIиндал,
ХIатIида ворхизе хун буго чара.
Чарал къвалил мацIал къадалъ хутIидал,
КъватIиве вахъине къотIун буго рес.

ТIад рас меседилаб мугIрузул ритIучI,
ТIомохъ багьа щвани щвелародай кIерт.
Щибаб гьунар тIокIаб тIайбаталъул бис,
ТIинчI-къед  лълъварабани анищ букIинчIо.

Росу къотIун унел къородисезда,
Къоно речIчIичIого чIезе кIоларо.
Ващаванги абун айгъиралъул тIом,
ТIамунин росониб тIул багьаяца.

ИнкIкIвел инагьдараб,Игьел угьдараб,
Ургьиб кор боркьула бокьове щвани.
ИштIа-Куладерил курмул унтарал,
Кинан яхI гьабилеб хIамузда хадуб.

Хунзахъ цIар рагIарал,ЦIетIен бахилал,
ЦIоройги дир керен,кваназаричIев.
Киналго Ансалги,сверун лълъун Бекьги,
Кьеларищ ричунан,чамал нахъчIварал.

Чара бухIун Генал гарбалги къулун,
КъватIатIа кьенкIола,кьечIинхайилан.
Кьун рукIаралани хвелаандаян,
Хиялал рукIуна диргоги рекIел.

Росдал хабал агьлу хасало базе,
Хасалихъе беци битIун ккечIо дир.
Риидал пенкьело,кьиндал щванххеро,
Щиб бугеб хIамузе хIалтIизе ккани.

ХIадурлъи,тIадагьлъи тIокIал рукIана,
ТIаса ГIашилтIе ун анкьид щолаан.
Жибго хIинцабилан абилароан,
Аралъуб нахъа чIун чIел босулаан.

Бихьин хIамилали хIисаб букIинчIо,
Бачазул вехьасе мухь кьей гурони.
ГохIдаса цIухIама,цIар босейилан,
ЦIан бехъерхъун гуреб бахъунароан.

Бахуца чури тIун,чияе хIалтIун,
Чара щиб хвечIого херал хIамузе.
Мусаласе пайда,ПатIиматий хер,
ТIокIаб хIама щвани бащад хьвадила.

Хьиндал кIкIалабазда пихъ барщулелъул,
Щолеб хайиралъухъ щапула дир ракI.
Риидал ял баччун чагIи унелъул,
Угьдула дир керен,киса хIамулан.

ХIузу зигардана,Загьраъ гIодана,
ГIайшат илагьи тун угьдизе лълъвана.
Зирар  хъвагIадана,Хъазами хвана,
Хварал дол хIамузда хадуб ракI бахъун.

ПатIимат,МухIамад махIаби гурун,
<Не дай бог< -ин абун гаргазе лълъвана.
Бахъун чохтIо-кIазгун чара хвад,ГIайшат,
ГIалида къвалги бан,къулана гIодой.

ГIадан хутIичIого тIаса авалалъ,
ТIаса гIайиб хьвазе гIуж-куц гьабуна.
Хьоро авалалъул иналиллагьун,
Улубий вачIана чIухIбузул чиян.

Нижер>Щверделица> щуго къойица,
Щибго иш гьабичIо,чIегIер бан рукIун.
ЧIаго мусру баяв СагIигIумарил,
Босе кванайилан бачIана кагъат.

КигIан ургъаниги эсул бугеб хIал,
Кьижун макьилъгIаги дирги букIинчIо.

Нужер ГIешдерилги гIадан ваккичIо,
ГIураб хайир щванин щаян ратила.
Щиб лъугьарабилан ругьел бачIинчIо,
БачIунеб ихдаде балагьун рукIа.

РагIи-цIа лъугIанин лълъурлълъудилаго,
ЛълъвинчIел къучIби гIадал къандалъабигун.
Къойил рукIина нуж дида кIалтIа чIун,
Цинги хIункъдила дол хIамузда хадур.

ХIал ккедал мугIрузда чанги гIодулин,
ГIайиб чIваге дида чIегIер банилан.
ГIурдул рехъерхъиялъ нахъаса тIезе,
ТIокIав хIамул росун дун хIалтIиларин.